Улкаялъул телевидениялъ июль моцIалъул авалалда бихьизабураб документалияб фильмалда сверун бахIсал лъугIулел гьечIо Британиялда ва ахирги рес буго гьелъ Британия бикъа-хъамураб яги коррупционияб гIарац хIалтIизабизе бегьулареб улкалъун лъугьинабизе.
8 июлалда Channel 4 бихьизабураб «Россиялдаса гIарацгун кодоб» абураб фильмалда вахъун вуго жидерго ролал хIалев кIиго чиги, цоясул гьалмагъ йигин жиян абулей ва сундаго рекъоларей гIолилайги (хIакъикъаталдаги гьей йиго Эркенлъи Радиоялъул Украиналъул хъулухъалъул мухбир). Гьезул цояс абулеб буго жив Россиялдаса хъулухъчи вугин ва жиндихъ бугеб гIарцуде Лондоналда бичун рукъ босизе къваригIун бугин. Рукъ бихьизабулел ва гьесие къваригIараб мина-карт балагьизе рахъарал Лондоналдаса хIакъикъиял реэлторазда гьес бичIчIизабулеб буго жиндихъ бугеб гIарац «тамахго абуни» сахлъицIуниялъул министерлъиялдаса бикъараб букIиналъ иш дандекколедухъ рекъезабизе ккезе букIиналъул.
Россиялда антикоррупционияб кампаниялъул гIахьалчи Роман Борисовичица
https://twitter.com/r_borisovich гьениб хIалеб буго министерлъиялъул рищватал росулев хIалтIухъанасул роль. Лондоналъул реэлторазе гьес бицунеб буго жив гьаниве дараби росизе вачIарав чи вугин. «Гьаниб цо контракт, доба-цоги, дагьа-макъаб жо чвантинибеги»,-ян бицунеб буго гьес «ОК» абун бетIер хьвагIулев реэлторасе.
Гьеб фильмалда гIахьаллъарай Эркенлъи Радиоялъул Украиналъул хъулухъалъул мухбир Наталья Седлецкая: «Жиндир экономикаялде жубалеб гIарац киса бачIараб бугеб абураб суалалда хурхун кIудиял проблемаби руго Британиялъул. Гьеб улкаялъул къануназда рекъон, гьениб бокьараб жо босизе бегьулеб буго оффшориял зонабазда хъвай-хъвагIайги бугел, бетIергьан щив кколевалиги рихьизаричIел компанияз».
http://www.radioerkenli.com/media/video/russia-economy-corruption-britain/27156974.html
Наталья Седлецкая: «Гьелъул магIна ккола Британиялъул экономикаялда гъорлъ гIемераб «чорокаб гIарац» бугин абураб. Гьеб гIарцулги цIикIкIунисеб бутIа буго Россиялдаса».
Алманиялъул Deutsche Bankалъ лъазабуна исана соналъул авалалда Британиялъул экономикаялде гъорлъе щибаб моцIалъ жубалеб бугин жиб кисаяли цIехечIеб $ 1,5 млрд, гьеб гIарцулги 40% Россиялдаса бугин. 2006 соналдаса 2010 соналде щвезегIан гьеб гIарцул къадар бахун буго $ 140 млрд.
Улкаялда гIарац гIемерлъиялъ проблемаби рижинарулел руго жалго британиялъулазеги. Лондоналда ва цоги шагьаразда хиралъулеб буго квен-тIех ва мал-мулк.
ТIадехун бицен гьабулеб фильмалдаса хадуб Британиялъул парламенталъ борхун букIана улкаялда мал-мулк босизе къваригIараб къватIисеб бокьараб компаниялдехунги британиялъул компанияздехун гIадинал тIалабал чIезаризе кколин абураб суал.
Парламент риидалил хIухьбахъиялде иналде 73 депутатасул гIицIго микьгояс гурони гьелда гъоркь гъулба лъун букIинчIо.
Гьебго заманаялда Россиялдаса оппозиционияв блогер Алексей Навальныяс хъвалеб буго Россиялъул вице премьер-министр Игорь Шуваловасул Лондоналда бугин $ 12 млн. багьа бугеб рукъин.
Https://navalny.com/p/4346/#cut
Лондоналда хирияб мал-мулк буго цо россиялъулазул гуребги. Global Witness абулеб коррупциялде данде бугеб жамгIияб идараялъ 22 июлалда лъазабуна Казахстаналъул улка цIуниялъул министерлъиялул вукIарав хъулухъчиясул Лондоналда бугеб мал-мулкалъул багьа $ 228 млн бахунин. Гьеб гьесул букIинги балъго гьабулеб рагIула.
Https://www.globalwitness.org/reports/mystery-baker-street/
Украиналда ва Россиялда бугеб коррупциялъул гIатIидго бицунев Оливер Баллоуца https://twitter.com/OliverBullough абулеб буго жидее къваригIун бугин Британиялъул элитаялда бичIчIине Россиялда, Украиналда, Катаралда, Алжиралда, Йеменалда ва Британиялда моралияб капитал дагьлъулеб букIин. Гьес абулеб буго жидее бокьун гьечIин дунялалъул гъачагълъиялъул машинаялъул хъаравашлъун Британиялъул элита бихьизейин.