Туркиялъ гIорхъабазда бетоналъул къед балеб буго

ГIиракъалдеги Сириялдеги «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул кьеразулъе рагъизе унезе нух къаялъул мурадалда, Туркиялъул нухмалъиялъ щулалъизарулел руго жиндирго гIорхъаби. Нижер мухбирасул лъазабиялда рекъон, Анкаралъ байбихьун буго 900 километралъул халалъиялъул бетоналъул къед базе гIорхъабазда.