Такъсирияб иш рагьун буго бизнесмен Герман Стерлиговасда хурхун

Азербайджаналъул прокуратураялъ такъсирияб иш рагьун буго Россиялъул бизнесмен Герман Стерлиговасде данде. Гьелъул бицунеб буго улкаялъул прокуратураялъул ва КъватIисел ишазул министерлъиялъул цадахъаб лъазабиялда.

Июналъул байбихьуда Стерлигов Россиялдаса ун вукIана МугрIузул Гъарабахалде. Азербайджаналъул рахъалъ гьесде гIунтIизабулеб буго къанунияб гуреб къагIидаялда гIорхъи бахиналъул ва гьезул пачалихъалде данде лъазабиял гьариялъул гIайибал.