Америкаялъул МакАртуразул фондалъ жиндирго филиал къалеб буго Москваялда

Россиялъул территориялда гьукъарал коммерциялъулал гурел гIуцIабазул сияхIалде ккараб Америкаялъул МакАртуразул фондалъ (MacArthur Foundation) лъазабуна Москваялда бугеб жиндирго филиал къалеб букIиналъул хIакъалъулъ. ГIуцIиялъул сайталда бахъараб информациялда абулеб буго, гьединаб хIукму хурхараб бугин Россиялда къабул гьарурал цIиял къануназдайин.

ГIуцIиялъул вакильзабаз кIвар буссинабулеб буго, гьезул фонд гIицIго рахIму-цIобалъул масъалабазул гIуцIи букIиналде ва Цолъарал Штатазул хIукуматалдаса кинаб гIаги гIарац гьелъие щолеб гьечIолъиялде.

Фондалъул лъазабиялда абулеб буго, Москваялъул филиал рагьаралдаса нахъе, фондалъ Россиялъул тIадегIанаб лъай кьеялъе квербакъиялъе, инсанасул ихтиярал цIуниялъе ва гьединго ядерияб ярагъ тIибитIиялде данде къеркьеялъе I70 миллион доллар биччанин.

«Дандекколарел гIуцIбазул хIакъалъулъ» къанун Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасун букIана маялъул ахиралда.

Июлалъул байбихьуда Федерациялъул Мажлисалъ Генепрокуратураялде битIана жиндие «патриотияб «стоп-лист» абураб цIар щвараб 12 гIуцIиялдаса сияхI. Гьеб гIуцIиялда цадахъго гьеб сияхIалде ккун буго Соросил фонд, Миллияб демократиялъул фонд, Freedom House гIуцIи, Халкъазда гьоркьосеб республиканияб фонд, ТIолабго дунялалъул украиналъулазул фонд ва цогидал.