Туркиялъ чIезабун буго Суручалда кьвагьи гьабурав чи

Сириялъулгун гIорхъода аскIоб бугеб Суруч шагьаралда кьвагьи гьабуразул цояв щив вукIин чIезабун буго Туркиялъ. Гьелъул хIакъалъулъ талат къоялда лъазабуна премьер-министр АхIмат Давутоглуца. Гьесул рагIабазда, ахирисел баяназда рекъон, хвалде унес гьабураб кьвагьиялъул хасилалда хун вуго 32 чи, азарханаялде ккун вуго 29-яв.

Туркиялъул премьерасул рагIабазда, щаклъи буго кьвагьи гьабурасул «Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб гIуцIиялъулгун хурхен букIараблъиялъул.

Талат къоялда Туркиялъул нухмалъиялъ лъазабуна, Сириялъулгун гIорхъаби щулалъизарулел рукIиналъул хIакъалъулъ.

Бицен гьабулеб тIадекIанцIи гьабуна итни къоялда Суруч шагьаралъул культурияб централде шиитазул гIолохъанал жамгIиял хIаракатчагIазул данделъи унеб мехалда.