Ираналде данде санкцияби нахъе рахъиялъул резолюция тасдикъ гьабуна

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул Мажлисалъ, киналго рахъаз гьаркьал кьун, тасдикъ гьабуна Ираналде данде лъазарун рукIарал санкцияби рахъиялъул резолюция.

Гьаркьал кьей гIемерисазда бихьулеб буго формалияб галилъун, гьелда цебе гьеб Мажлисалъул даимал гIахьалал рахъал Британиялъ, Китаялъ, Франциялъ, Россиялъ ва Цолъарал Штатаз ва гьединго Германиялъ 14 июлалда Венаялда Ираналъул ядерияб программаялда хурхараб къотIи-къай гъулбасун букIиналъ.

Гьеб резолюциялъ бихьизабун буго Ираналдаса бигьагьабун экономикиял санкцияби тIаса рахъи, Тегераналъ ядерияб ярагъ гьабунгутIиялъе гарантияби чIезарулел ругони. Ираналъул хьвада-чIвадиялда хадуб хал кквезе буго Халкъазда гьоркьосеб атомияб энергиялъул агентлъиялъ.