Газа мухъалда 5 кьвагьи

ЩугогIан кьвагьи бахъана Газа мухъалда гьатIан къоялъ. Гьезул хIасилалда тIагIинарун руго ХАМАС ва «Исламияб Жигьад» абулел гIуцIабазул гIахьалчагIазул автомобилал.

ГьабсагIат лъиданиги лъаларо лъица гьел гьужумал гIуцIаралали. Амма цо-цо экспертазул пикруялда тIаде кIанцIи гьабун батилин ХАМАСалъул хIаракатчилъиялдаса разилъи гьечIеб цо гьитIинаб ултраконсервативияб исламияб къукъаялъ.

Дагьалъ цебе ХАМАСалъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIаз Газа-сити абулеб мухъалда Исламияб Пачалихъалъе квербакъи гьабулеб букIарав цо рагъухъан чIвана.