Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна жиндир хиял бугин хаслихъе улкаялъул Конституциялде гъорлъе хиса-басиял журазаризе. Президентасул официалияб сайталда абун буго Украиналъул Машрикъалъул рахъалъул икълимазе хасаб статус кьеялъул бицен унеб гьечIин.
Аммаила абуна Петр Порошенкоца, ракIалда бугин Донбассалдаги Украиналъул цогидал регионаздаги бакIалъулал жамгIиятазул ихтиярал ва ресал гIатIилъизаризе.
Федерализациялъул хIакъалъулъ бицен гьабулаго Петр Порошенкоца чIван къотIун абуна, Украина нахъеги букIине бугин унитарияб пачалихълъун.