Украиналъул Машрикъалъул рахъалда кьвагьдари

Донецк. 18 июль. Гьужумалъул хIасил.

Араб сордо-къоялда жаниб Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистаз 50 нухалъ гIарада бана Украиналъул аскариязул позициязде. Минскалъул къотI-къоялда рекъон цоцаде гумпара базе гьукъараб буго. Гьеб гьужумалъул хIасилалда цо рагъулав хъулухъчи чIван, анкьгоявги лъукъун вуго.

Донецк икълималда бугеб Авдеевка абураб шагьаралъул сверухълъиялда кьвагьа-гIанхъи рагIулеб буго гьоркьоса къотIичIого, ян лъазабулеб буго Украиналъул рагъулаб тIалъиялъ.

Жиндир иргаялда жидее Донецкалъул Халкъияб Республика ян абураб цIар босарал сепаратистаз лъазабулеб буго Украиналъул аскарияз сордо-къоялда жаниб кIикъого нухалъ къотIи-къай хвезабунин.