КIалбиччанкъоялде шагьаранух къачIалеб буго

ЧIалдаса Къороде бугеб шагьранух цIигьабун къачIаялъул хIалтIаби байбихьана араб рузман къоялъ. Дагъистаналъул нухазулгун транспорталъул агентствоялъ лъазабуна кIалбиччанкъоялде мугIрузул мухъазде унел гIадамал хьвадизе рес кьолеб хIалалъ нух къачIазе бугилан. Шагьранухда хIалтIулеб буго 20 батIияб техника.

Шагьранух къачIаялъул хIалтIаби байбихьун руго 10 июлалда. 15 июлалде киналго хIалтIаби лъугIизаризе ракIалда бугин жидедаян абулеб буго нухазулгун транспотралъул агентствоялъул нухмалъулев Хучбаров Загьидица.

Гьеб шагьранух къана исана апрель моцIалда, ЧIалда бараб ГЭСалъул хIор цIезабун хадуб шагьранухда кьватIелал лъугьун нух ччукIун иналда хIинкъи букIун. Гьеб нухдасан хьвадула Дагъистаналъул щуго мухъалде унел гIадамал, шагьранух къаралдаса гьел киналго нухда гIемер заманги бахъун ГьоцIалъан ва Дарада-Мурадасан бугеб нухдаса хьвадизе кколел рукIана.

Гьанже хирияб къоялде, кIалбиччаялъул байрамалде гIадамал хIинкъи гьечIого хвадулеб хIалалъ къачIан бахъинабизе бугилан нухилан абулеб буго Загьид Хучбаровас. «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабун гьабсагIат шагьранухда хIалтIулев вугев, Шшамил мухъалъул Гьолокьа ГIабдулатIипов МухIамадхIажиясулгун. ГьабсагIат гьениб гьабулеб бугеб хIалтIул гьадин бицунеб буго гьес.

ГIабдулатIипов МухIамадхIажияв: «Халкъалъе лазат бахъи кколареб къагIидаялъ хIалтIулел ругоха. Гьаниб цо гьитIинаб бакI букIана нухлул ччукIун араб, гьениб кIудияб экскаваторги буго хIалтIилеб. Нух нахъеги кьабун гIатIид гьабулеб буго букIине кколедухъ. КIиго-лъабго къоялде лъугIизабизе ракIалда буго кинабго хIалтIи. КIалбиччанкъоялде гIадамал къварилъи гьечIого росулъе ине кIоледухъ гьелъие гIоло гьабулеб буго кинабго».

ЭР: «Гьеб нухалъул тIубараб реконструкция гьабизе хасаб проект хIадурун бугилан абулеб букIана?».

МухIамадхIажияв: «Бугилан абуна, амма жеги гьеб гьанибе щвечIоха, дидаго гьеб бихьичIо».

Гьеб шагьранух къачIазе 52 миллион гъурущ биччан бугилан абурал баянал щвана нижехъе. МухIамадхIажияс абулеб буго гьанжелъагIан нахъбахъун течIого цебего рес букIанин щагьаранух къачIаялъул хIалтIаби гьаризе.

ГIабдулатIипов МухIамадхIажияв: «Гьелъие хIажатаб техника биччарабани щай кIоларебан, цебего кIолаан лъугIизабизе. Дица роценалги лъун чанго нухалда хал гьабуна лъеца нухлул ччукIизабураб бакIалъул, гIицIго цохIо бакIалда букIана гIунгутIи бугеб бакI, амма гьалги (нухазулгун транспорталъул агентство) цIодорго хIалтIулел ругоха, кинабго рагIа-ракьанде щун хал гьабичIого нух цIигьабизе лъугьинчIоха ал, гьебги бичIчIизе бегьулеб жо буго».

ЧIалда-Къорода» шагьранух къачIазе жеги кIиго-лъабгониги моцI къваригIунин бицун букIана «Миллат» газеталъе, Транспорталъулгун нухлул магIишаталъул Агентствоялъул нухмалъулев хисулев МухIамад ТIагьировас.

"ГьабсагIаталда «Ленгидропроекталъ» гьенир цIех-рехал гьарулел руго, цинги къотIизе буго чIванкъотIараб хIукмуги. Республикаялъул бюджеталъулъ гьанже ахиралда гьарурал хиса-басиязул хIасилалда гьеб нух къачIазеги гьенир цIех-рехал гьаризеги хIажатаб гIарац балагьизе кIвана нижеда.

Гьединлъидал нижеца хIисабалде босараб хIалтIи рагIалде бахъинабизе кIиго-лъабго моцIгIаги къваригIуна. Кин гьеб къачIалебали ургъараб чанго вариант буго. Гьелъул кинаб тIаса бищилебали лъала ччукIараб нухлул рагIалалъул цIех-рех гьабун хадубилан", - абун букIана МухIамад ТIагьировас.

Транспорталъулгун нухлул магIишаталъул Агентствоялъул официалияб сайталда кьураб информациялда рекъон, 20 июналда гьеб нухлул хал гьабизе ун рукIун руго «Дагавтодортрансалъул» комиссиялъул вакилзаби. Цебе букIаралда тIадеги хун батун буго гьезда гьеб.

Комиссиялъул нухмалъулев Загьид Хучбаровасул рагIабазда рекъон, ракь ччукIараб бакIалъан бахъараб нух гьабун батун буго кьуруги гIанлълъун гуреб, зама-заманалдасан кьуру тIун тIатIала ккарал кьурул кесказда тIасан.

ЧIалдаги Къородаги гьоркьосан шагьранух бахъун букIана Шамил мухъалда бугеб нухазул идараялъ. Гьединлъидал гьезие цIакъ захIмалъун буго 14 соналъ гурони хIалтIизеги гьабичIого нух гьанже къан букIин.