ГIибадулло Наботовасда хурхун хIукму гьабуна диваналъ

МахIачхъалаялъул салафиязул мажгиталъул будун ва хIафиз ГIибадулло Наботовасе 6 моцI туснахъалъул кьун буго диваналъ. ХIафизасда гIайиб гIунтIизабун буго кодоб изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда бан. Амма гьев лъалезул рагIабазда Наботов гIайибияв вуго гIицIго гьев салафиязул мажгиталъул хIалтIухъанлъун вукIиналъулъ.

МахIачхъалаялъул Советский мухъалъулаб диваналъ 10 июлалда хIукму къотIана салафиязул мажгиталда вукIарав будун ва хIафиз ГIибадулло Наботовасда хурхун, гьесде гIайиб гIунтIизабулеб букIана изну гьечIого цIунарал наркотикал ва ярагъ батиялда бан.

Диваналъ гьесул ишалъухъ хал гьабун, гьев гIайибиявлъун рикIкIанин РФалъул Уголовияб кодексалъул 222 статьяялъул 1 бутIаялда рекъон, изну гьечIого цIунараб кьвагьулеб алат батиялда банилан лъазабулеб буго «Черновик» газетаялъ.

ГIибадулло Наботов кколев вуго Россиялъулгун Таджикистаналъул гражданлъи бугев чи.

Салафиязул мажгиталъул будун рокъов туснахъ гьавиялъе хIукму къотIун букIана цебеккун Советский мухъалъулаб диваналъ, гьесда изну гьечIого цIунараб кьвагьулеб алат ва наркотикал рукIиналда щаклъи букIун. Гьелдаса хадуб, 11 июналъ Наботов рокъов туснахъ гьави халат бахъинабун букIанин 15 июлалде щуниналн баян гьабулеб буго Наботовасул вукIарав адвокат АсхIаб Джапаровас.

ГIибадулло ккун вукIанин 14 апрелалъго, гьев низам цIунулез Жанисел ишазул бутIаялде ахIун вукIанин кIалъа-бацаялъе, гьелдаса хадуб гьев кив вугевали лъалеб букIинчIин нахъияб къоялъги, гIицIго хъизаналъул телефоналде «Кинабго лъикI бугин» жаваб гьабулеб букIанин кIалъараго батIияв чиясин абулеб буго Наботов лъалез.

Цинги, 16 къоялъ гьев низам цIунулез кодоб хал гьабидал граната ва наркотикал ратун ккун вукIин лъан буго, амма кинин граната бугевги наркотикал ругевги чи, гьев гIакълу лъаялда вукIаго жиндиего бокьун Жанисел ишазул бутIаялде унаго гьебги цадахъ босу уневилан абулеб буго Венгерских бойцов къватIалда бугеб мажгиталде хьвадулезул цояв МухIамад МухIамадовас.

Киназдаго лъалила салафиязул мажгиталъул хIафиз ва будун кквеялъе бугеб гIилла гIицIго гьев гьеб мажгиталда вугев чи букIинин абулеб буго гьес.

МухIамад МухIамадов: «Гьес будунлъи гьабун гуребги, мажгиталда хIафизлъи гьабулаан ва къураналъул дарсал лъолаан. Дун вукIана, масала, гьесухъ къуран лъазабулев. Киданиги гьел наркотикал хIалтIизарулев яги ярагъ цIунулев хасият бугев чи вукIинчIоха гьев. ЦIакъго лъикIав, гIамал берцинав, киназухъго мутIигIго валагьулев чи вукIана.

Киназдаго, дагьабниги пикру гьабулев чиясда бичIчIула, ярагъ бугиниги, Жанисел ишазул бутIаялде унаго гьебги босун чи унаревлъи. Гьесдаго цадахъ, мажгиталде рачIун ккуна цойги Расул абурав вас, гьениве хьвадулев ввкIарав ва гьениб бакIа-бахари гьабулев вукIарав. Гьесда хурхун щиб хIукму гьабурабали жеги щибго лъачIо нижеда».

Диваналда гьесда хурхун хIукму къотIизегIан гьесул адвокатас ва гьев лъалел-хъвалез гIарзал гьарулел рукIанила ГIибадуллоде тIадецуй гьабулеб букIиналда бан, ахирги гьев разилъанила гIайибавлъун живго рикIкIине, ва показаниял кьезе, гьелъ гьесие 6 моцI колониялъул кьунин абулеб буго жамгIияв хIаракатчи Абакар Абакаровас.

Наботовасдего гIадин гIайиб гIунтIизабурал гIадатиял гIадамал цIикIкIунел ругин, гьелъ гIадамазда гъорлъ низам цIунулездехун ва тIалъиялдехун рокьукълъиги цIикIкIунин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе

Абакар Абакаров: «ГIибадулло Наботов ккола хIафиз, гьев ккола рекIехъе къуран лъалев чи. Гьесде гIунтIизабураб гIайибалъул кьучI гьечIо. Щибав инсанасул букIуна интуитивияб пикру, гьелда рекъон, Наботов лъалев ва гьев хIафиз вукIин лъалев бокьарав чи кинго божуларо гьев ярагъ цIунарав чи вукIиналда. Ахираб заманаялъ низам цIунулез гIорхъи тун гьарулед руго гIадамал кквеялъул тадбирал.

Цере-цере гьез кколел рукIун ратани экстремистиял хурхенал рукIине рес бугел чагIи, гьанже гьез кколел руго жамгIиял хIаракатчагIи, будунал, хIафизал. Амма гьезул гьеб хIалтIиялъ хIукуматалъул имиджалъе кIудияб зарал гьабула, щай гурелъул, гIадамазда гьеб кинабго ахIвал-хIал бичIчIулелъул.

Жакъа хIукуматалда гьеб ахIвал-хIал бичIчIичIони, метер хIикмалъизе кколаро хIакимчагIахдехунги низам цIунулездехунги жамагIаталъул рокьукълъи букIиналъе».

Абакарова ракIалде щвезабуна «Надирия» мажгиталъул имам хисулев Аскандаров Къурбан, гьединго, изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда щаклъи букIун, ккун вукIин, гьевги гьединго, гIицIго салафиязул мажгиталъул чи вукIиналъ ккурав вугин абуна жамгIияв хIаракатчияс.