ГьатIан къоялда халат рахъана Ираналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаял

Венаялда тIоритIулел Тегераналъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаязда Иранги асар кIудияб «халкъаздагьоркьосеб анлъилабги» аслияб къагIидаялда цо пикруялде рачIун руго гъулбасизе ракIалда бугеб къотIи-къаялъул техникиял суалазда бан. Гьелъул хIакъалъулъ Reuters агентлъиялъе лъазабун буго Халкъаздагьоркьосеб атомияб энергиялъул агентлъиялъул бетIер ГIали Акбар СалехIица.

Гьелда цебе лъазабулеб букIана Austria Center Vienna абураб экспозициялъул центр хIадур гьабун бугин къотIи-къай къабул гьабиялъул церемониялъейин.