Россия хIадураб буго Грециялъе кумек гьабизе

Россиялъул хьул буго Грециялъул экономика чIаголъизабиялъе квербакъи гьабизе экономикияб секторалда гьоркьорлъаби гIатIилъизариялъул къагIидаялда. Гьедин лъазабуна Россиялъул энергетикаялъул министр Александр Новакица.

«ГIагарисеб заманалда Грециялъул пачалихъалъе энергиялъул сурсатал ричиялъул ресазул хал гьабулеб буго нижеца», - ян лъазабуна министрас.

Минэнергоялъул хьул бугин гьеб суалалда сверун цо пикруялде рачIиналъе рахъазе чанго анкь гIезе букIиналъулин, жубана Новакица.

Июналда Россиялъ гьедиго лъазабун букIана, нагагьлъун Грециялъ гьарулеб бугони, жиб хIадураб бугин гьелъие кредит кьеялъул суал гьоркьоб лъезейинги.