Сребреницаялда тIобитIана халкъаздагьоркьосеб къварилъиялъул тадбир

CNN телекомпаниялъул лъазабиялда рекъон, Сребреница шагьаралда Босниялъул бусурбабазул 8 азаргоялдасаги цIикIкIун чи чIван 20 сон тIубаялда бан тIобитIулеб къварилъиялъул тадбиралде гIахьаллъизе вачIарав Сербиялъул премьер-министр Александр Вучич ганчIал речIулаго нахъе къотIун вуго гьелъул гIахьалчагIаз.

Шамат къоялда Сребреницаялда тIоритIулел халкъаздагьоркьосел къварилъиялъул тадбиразда гIахьаллъана аза-азар чи. Холокосталдаса хадуб бищунго вахIшияблъун рикIкIунеб акталъул къурбанал ракIалде щвезаризе рачIана гьединго Цолъарал Штатазул вукIарав президент Билл Клингтонги, йикIарай пачалихъияй секретарь Мадлен Олбрайтги, Туркиялъул премьер-министр АхIмат Давут Оглуги, цогидал пачалихъазул вакильзабиги.

Къварилъиялъул тадбиразул цояб хурхараб букIана ДНКаялъул анализалъул кумекалдалъун щив вугевали чIезавизе бажарарав 7000 гIанав чиясул жаназа букъиялъул церемонияги.

1995 соналъул 11 июлалда Босниялда тIобитIулеб лъабго соналъул рагъалъул ахиралда сербазул къуватаз Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул нухмалъиялда гъоркь рукIарал Голландиялъул парахалъи чIезабулезул контингент нахъеги къотIун, гъурана Босниялъул бусурбабазул бихьинал, гьездаго гъорлъ лъималги.

Чанго къоялъ цебе Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалда жиндирго ветоялъул ресги хIалтIизабун, Россиялъ нух къана Сребреницалда ккараб вахIшилъи геноцидалъул актлъун къабул гьабиялъе.