Коррупциялде данде гьанже комиссаралги къеркьезе руго

Республикаялда ришватчилъиялда данде къеркьезе гIадатияб халкъ ахIизе ракIалде ккана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул. Гьедин лъазабуна гьес ришватчилъиялда дандечIун гьанжегIагар МахIачхъалаялда тIобитIараб форумалда.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Дица тIадкъай кьолеб буго щибаб идараялда, щибаб муниципалияб гIуцIиялда ришватчилъиялда дандечIей гьабизе комиссар теян. Гьелги тIатун рищизе ккола. Нилъее ришватчилъиялда данде къеркьезе щибаб идараялда цо-цо гурев, нус-нус ГIалибег къваригIун вуго».

Коррупциялде данде форумалда

Гьев ГIалибег ккола ришватчилъиялда данде къеркьезелъун республикаялъул тIалъиялда цебе гIуцIараб БутIаялъул вакил.

Комиссарал тейни лъикIаб пикру бугоанин, амма гьезда жидедаго божилъи гьчеIелъулин бицана ЭР-ялъе Болъихъ мухъалда культураялъул бутIаялда хIалтIулев МухIамадрасул ГъазимухIамадовас.

МухIамадрасул ГъазимухIамадов: «Гъозулги (комиссаразул) гъолго ришватчагIи рахъани, щибилеб? Нилъеда чанха бихьараб, рази гьечIев хъулухъалде тIамуравго, лълъараниве аравгIанги вуцIцIун чIола, гIодовиччала. Гьанже гъол комиссаралги таниги, гъобго жо ккеларищин кколеб бугоха… Екатеринал (гIурусазул хан) заманалдасаго нухал ралагьиялъул магIна батилаха гъоб. Гьедин къоялдаса къоялде цIикIкIунеб буго ришватчилъи. Лъаларо, нилъеца малаикзабийищха гьенир тезе ругел? РацIцIад хIалтIуллъи лъанани, щай тезе бегьуларел? Амма нилъ ине ругеб бакI бихьулеб бугоха. ГохIдасан эхебе биччараб чангъида тIад гIадин гIедегIун гIодорехун унел руго нилъ ахираб заманалда».

МухIамадрасул ГъазимухIамадовасулго гIадаб пикру буго Хунзахъ мухъалъул МочIохъ росдал мугIалим МухIамадхIабиб Халилбеговасулги.

МухIамадхIабиб Халилбегов: «Гьел комиссарал теялъ ришватчагIазул къокъа цIикIкIинабула. ГIабдулатIиповасда кIолеб гьечIо ришватчилъи лъугIизабизе. Амма гъосие бокьун буго гъоб лъугIизабизе».

Гьаниб МухIамадхIабиб Халилбеговас рехсана ришватчилъиялъул хIужаги. Цо министерлъиялъ ракIарулел ругила киналго школаздаса нухмалълуелги ахIун, киналалилго документал. Амма гьез тIалаб гьарулел документал кутакалда гIемерал жал ругила. Гьединлъидал ришватги кьун тIаса бихьизабулеб бугила гьеб суал.

МухIамадхIабиб Халилбегов: «50 азарго гъурущ босулеб буго гъоб министрелъиялъул нухмалъулес школалъул директорасухъа гъол документазул бакIалда. ГьанжелъагIан букIараб жо гуро гъоб, ГIабдулатIипов вачIинегIан. ЦIикIкIунеб, цIикIкунеб буго. Дир вацасул ясалъ исана школа лъугIана. Медуичлищеялде лъугьине бокьун буго гьелъие. Биологиялъе щвараб 70, гIурус мацIалъе щвараб 58 баллги буго. Амма гьелъул инсуда абун бачIана дур ясалъул баллал къваригIун гьечIила жидее, гIарац кьейила – 200 азарго гъурущ. Гьа, гьеле гьедин гIарац кьурал чагIи росизехъин руго училищеялде, баллал щварал чагIи хутIизехъин руго бакъалда. Лъицаниги хал гьабулеб гьечIо гьелъул. Щай бегьулареб, масала, гьеб медучилищеялде документал кьуразулги гъоз цIализе къабул гьаруразулги документазул хал гьабизе. Гьединаб ревизия гьабулеб гьечIо.

Дир хIисабалда, Рамазан ГIабдулатIипов вачIаралдаса, республикаялда ришватчилъи цIикIкIун гурони, дагьлъичIо. Рамазан ГIабдулатIиповасе бокьун буго ришватчилъи лъугIизабизе. Гьединлъидал ришватчагIазги гьелъул къадар цIикIкIинабулеб буго, нагагь жал тIад ккунани, гьеб ришваталда тIаса жоги кьун жал тамихIалдаса рорчIизе рукIинеян.

Гьел комиссаралги – вачIина, масала, цо комиссар цIех-рехалъ. Диеги кье давлайин абила гьес гъол хIакимзабазда. Комиссаразул чванта биццалъизе ургъараб жо буго гьеб. Гьелъул жо кколаро».

Амма доб цебехун бицен гьабураб форумалда республикаялъул бетIерас абулеб бугоан ришватчилъи тIагIинабизе исана-гъоркьисала ДагъистаналадгIан гIемер хIалтIи улкаялъул цониги регионалда гьабичIин.