Евромажлисалъул вакилас какулеб буго Россиялъул «патриотияб стоп-лист»

Инсанасул ихтияразул рахъалдаса Европаялъул Мажлисалъул вакил Нилс Муйжниексица какулеб буго «данде кколарел гIуцIабазул» къануналда рекъон, къватIисел улкабазул хIукуматалъул гурел гIуцIабазул хал-шал гьабиялъул Федерациялъул Мажлисалъул инициатива.

Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, Муйжниексица лъазабуна, Россиялъул къанун бугин бичIчIизе захIматаб ва мухIканлъи гьечIеб ва гьелъ талъиялъе рес кьолеб бугин жиндиего бокьараб гIуцIи улкаялда къазейин.

АрбагI къоялда Федерациялъул Мажлисалъ Генпрокуратураялде битIун буго «патриотияб стоп-лист» абун жиндие цIар кьураб къватIисел пачалихъазул 12 гIуцIиялдаса сияхI. Гьелда руго Соросил Фондалъул, Freedom House абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб ва цогидал машгьурал гIуцIабазул цIарал.