Бищун дагь босун 20 чи хун вугшо Нигериялъул шималияб рахъалда бугеб Зариа шагьаралда гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда. Маялдаса байбихьун улкаялда «Боко хIарам» абураб радикалиял исламистазул гIуцIиялъ къувалъизабун буго жиндирго террористияб хIаракатчилъи. Араб анкьалада гьелъ гьарурал тIадекIанциязул хIасилалда хун вуго кIинусго гIанав чи.