Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъ талат къоялда гьоркьоб лъолеб буго Сребреницаялда гIемер гIадамал чIван 20 сон тIубаялда бан ва гьеб хIужжа геноцидалъул актлъун рикIкIиналъул цебелъей бугеб Британиялъ хIадур гьабураб резолюция.
Гьеб документ къабул гьабиялъе жиндирго ветоялъул ихтияр хIалтIизабун, квал-квал Россиялъ гьабизе бегьулин, рикIкIунеб буго цо-цо политологаз.
1990 соназда Югославиялда рагъ унеб мехалда Россиялъ рахъ кколеб букIана Босниялъул сербазул ва Сербиялъул. Резолюциялдайин абуни, квешаб къимат кьолеб буго Сребреницаялда загьирлъараб жанаварлъиялъе ва ахIи балеб буго тIолабго дунялалда геноцид загьирлъиялде данде къеркьеялде.
Резолюциялъул проекталда абулеб буго Сребреницаялда ккараб геноцид хIисабалда къабул гьаби кколин маслихIаталъе шартIин. Босниялъул сербазул лидераз инкар гьабулеб буго 1995 соналда Сребренице шагьаралда аскIоб бусурбабазул аза-азар бихьинал ва лъимал чIвай геноцидлъун рикIкIине.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялда Россиялъул вакиласул кумекчи Петр Ильичевас лъазабуна, резолюциялъ пикрудандеккунгутIи бижинабизе бугин ва гьелда конфликталъул цо рахъалде гурони гIайиб гIунтIизабулеб гьечIин. Гаагаялдда бугеб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул халкъаздагьоркьосеб диваналъ Сребреницаялда ккараб къабул гьабулеб буго геноцид хIисабалда.