Ираналъулгун кIалъа-басаязда захIмалъиял раккун руго

Ираналъул ядерияб программаялда хурхун Венаялда унел кIалъа-басаял захIмалъизарун руго Тегераналдаги Цолъарал миллатазул гIуцIиялдаги гьоркьоб баллистиял ракетаби гьариялда хурхун баккIараб рагIирекъонгутIиялъ.

КIалъа-басаязул темабазда гъорлъ баллистиял ракетаби рехсон рукIинчIониги ва апрелалда гьабун букIараб къотIи-къаялде гьезул бицен гьабун букIинчIониги, ираналъулаз тIалаб гьабулеб буго баллистиял ракетаби гьариялда хурхун лъазарурал санкциябиги тIаса рахъи. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Магърибалъул хъулухъчагIазул цояс.

Ираналъул кIудияв хъулухъчияс Венаялда журналистазда лъазабун буго, Тегераналъе бокьун бугин ООНалъул гIатIидаб эмбарго жиндасаго тIаса бахъизеян.

Ираналъ Гагараб Машрикъалда рагъулал хIадурлъиял Йеменалдаса байбихьун Ливаналде щвезегIан халат рахъинарулел рукIиналда бан, Цолъарал Штатазе ва Магърибалъул цогидал улкабазе бокьун буго Ираналъе гIадатияб яргъида хурхун чIезарурал гIорхъаби хутIизаризе.