Полициялъул ресал гIатIилъизариялдаса инсанасул ихтиярал мукъсанлъизариялде

Пачалихъияб Думаялъ къанунал хъачIлъизариялъул нух бищун букIиналде къвар буссинабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз. Гьезул пикруялда, ахир-къадги гьедининаб хIаракатчилъи, цо рахъалъан босани, буссунеб буго низам цIунулеб системаялъул идарабазул ресал гIатIилъизариялде, цогидаб рахъалъан, гIагсалда, гIадатиял гражданазул кьучIиял ихтияраздацин гIорхъаби чIезариялде.

Гьале, 1 июлалда, мисалалъе, «Единая Россия» партиялдаса Ирина Яровая ва Александр Хинштейн гъорлъ бугеб къокъаялъул загьир гьабураб инициативаялда рекъон, парламенталъ хисизабизе бегьула «Полициялъул хIакъалъулъ» къанун.

Гьелда хадуб полициялъулазул рес букIуна гIемер гIадамал ругеб бакIалда ярагъ хIалтIизабизе. Гьебги щиб гьеб хIалтIизабизе бегьула, лъимадуе ругел риккинчIого, киналго руччабазде дандеги.

Кинаб къагIидаялда загьирлъизе бегьулеб гьединаб къанун гьедингоги низам цIунулезул хьвада-чIвади беццулареб Дагъистаналда ва тIолабго Шималияб Кавказалда?

Пачалихъияб Думаялъухъе гьанже бицен гьабулеб къануналда цебе кьун букIана ТамихI тIубазабиялъул федералияб хъулухъалъул системаялда туснахъазде данде хасал къагIидаби, ай, гIадатиял рагIабазда абуни, гIазаб кьеялъул къагIидаби, хIалтIизаризе рес кьолеб инициативаги. Гьеб бакIалдаго гьелъие «Садистазул къанун» абураб цIар кьун букIана инициативалъул критиказ.

«ГIаштIичагIазул къанун» абураб цIар инсанасул ихтиярал цIунулез гьанжеялдего кьунин депутатазда хисизабизе ракIалда бугеб къануналъегийин, абуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго, «За права человека» гIуцIиялъул бетIер Лев Пономаревас.

Полициялъуласда «тIадаб бугин» абурал рагIабицин нахъе рахъизе кколел рагIула гьеб къануналдаса, депутатаз загьир гьарурал хиса-басиязул церелъеязда рекъон. Ай, цогидал рагIабаздалъун абуни, гьеб кколеб буго гражданасул ихтиярал ва эркенлъиял хвезарураб мехалдацин, полициялъуласда тIадаб букIине гьечIин конституциялъулаб тIалаб тIубазабизенищиб, тIаса лъугьин гьаризецин.

Инсанасул ихтиярал цIунулез бищунго кIудияб кIвар буссинабулеб буго, терактал риччангутIиялъул мурадалда, полициялъулазе гIемер гIадамал ругел бакIазда ярагъ хIалтIизабизе ресал рагьулеб букIиналде. Цебе гьукъун букIун батани, гьанже гьезие ихтияр кьезе бегьула руччабазде данде ярагъ хIалтIизабизецин. Депутатазул инициатива логикаялде данде кколареблъун рикIкIунеб буго полициялъул хьвада-чIвади цIакъго лъикI лъалей адвокат Сапият МахIамадовалъ. Гьей божулей гьечIо парламенталъ гьединаб къанун къабул гьабизе бегьиялда.

Сапият МахIамадова: «Шималияб Кавказалда гьедингоги гIемер руго лъугьа-бахъинал гIадамазда полициялъулазул къанунияб гуреб хьвада-чIвадиялъул гIайиб букIин чIезабизе бажарунгутIиялъул. Полициялъул жакъаги руго гIунги тIокIал ресал жидерго хIалтIи гьабиялъе. Гьанжеги гьел цIикIкIинаруни, гьел тIадеги бигьаго рорчIизе руго жавабчилъиялдаса.

РакIалда ругел хиса-басиял гьеб къануналда гьарун хадубни, дир пикруялда, гьезул цоязул хьвада-чIвадиялъул вахIшилъи бихьулеб къагIидаялда цикIкIине буго. Хасго гьеб къануналъ руччабазда речIчIизецин изну кьолеб букIин ракIалде босани. Щиб, лъимадуейищ чIужугIадан йигей яги гьечIейищ цIеххолелищ рукIине ругел гьел кьвагьдезе байбихьараб мехалда яги гьелда цебе?»

Инсанасул ихтиярал цIунулев Михаил Кригерица абуна, жив гьединаб инициативалъ тамашалъизавичIин. Гьеб кколин гIантаб парламенталъ рахъулел гIантал къануналин.

Михаил Кригер: «Нилъер къанунал рахъулеб тIалъи жакъа бугин абизе бегьула пикру хисаразул рукъин. Дун тамашалъизе гьечIо, гьез гьел хиса-басиял тасдикъ гьаруни. Гьеб гьедин букIинищали дида лъаларо, амма гьез гьеб къабул гьабуни, дица абилаха, гьечIин гьениб тамашалъизе ккараб жоцин, депутатаздаго релъарал къануналги ругин нилъерин абизе ккелаха. Щиб, тIоцебесеб нухалъищ гьез гьединал гIантIал къанунал къабул гьарулел ругел? Щиб, гьеб къанун гьедингIанго батIиябищ бугеб гьезго къабул гьабураб "садистазул къануналдаса» яги добго "Дима Яковлевасул къануналдаса?"

Пикру халат гьабулаго, Кригерица кIвар буссинабулеб буго гьединал къанунал рахъулел депутатазул мурадазде.

Михаил Кригер: «Къанун бахъиялъул ахирисеб инициативаги буго гьанжелъезегIан гьез рахъанщил къануналго гIадал гIантаб жо. ГIадатиял гIадамазда хурхун гьезул хьвада-чIвадиялде балагьун, абизе бегьула, нилъер полициялъ гьедингоги хIалтIизарулел ругин къануназ рихьизарурал гурел, жидеего бокьа-бокьарал къагIидабийин.

Кинав тушман щун вугев нилъер кавабазухъе, хъатамаса гьабун "Полициялъул хIакъалъулъ" къануналда хиса-басиял гьаризе ккани? Улкаялда тIад чIегIер наккал чIун рукIинги бихьулеб гьечIо. ГIагсалда, социологиял цIех-реххал гьарулел идарабаз нилъее щибаб къойилго гIадин рапортал кьолел руго гури, халкъ цолъун бугин талъигунин, кинабго лъикI бугин, ургъелалъе багьана гьечIин абурал.

Амма, гьедин букIаниги, полициялъе къваригIун руго тIадеги ресал, гьебги щиб гьединал вахIшиял, жанаваралъул хасияталъул, ресал. Лъица гьеб чIезабизе кколеб ва кидал лъимадуейищ чIужугIадан яги гьечIищ? Гьеб унго-унгояб гIантлъи ккола къанунал рахъулезул.

Парламенталъулги президентасулги ахирисел рищиязда дун вукIана тоххалчи. Дида абизе кIола, нилъер улкаялда тIолабго талъи легитимияб гурин. Гьел гIадамазда бихьулеб батизеги бегьула жал гьеб палатаялда легитимиял гьечIеллъи.

Пачалихъияб Думаялъул гIахьалчагIилъун жидецаго рикIкIунез чIечIого гIумруялде рахъинарулел руго гIантал проектал. Гьезда рекъон гIумру нилъеца гьабизе кколеб буго. Къанунал рахъулезул киназулго мурадги ккола, дир пикруялда, жидерго гIумруялъул комфорт цIикIкинаби, жидерго «гьуинаб» гIумру бажарарабгIан халат бахъинаби.

Дица абулеб буго, гьанжесел хиса-басиял гьаричIониги, полициялъул гIунги тIокIал ругин ресал. Дица абулеб буго, полициялъ гьедингоги жиндирго хьвада-чIвадиялда гIорхъаби чIезарулел гьечIин. Дида рихьулел гьечIо киналгIаги багьанаби полициялъулазе тIадеги ресал цIикIкинариялъе."

«За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул бетIер Лев Пономаревас абулеб буго, Россиялъул пачалихъалда полициялъулал гьедингоги кколин жидеда квер хъвазецин бегьуларел чагIийин. Нагагьлъун гьеб къанун къабул гьабуни, полициялъулаз жидецаго гьарурел такъсирал такъсираллъун рикIкIине рукIиналда гьев щаклъулев вуго.

Лев Пономарев: «Гьай-гьай жакъа полициялъулал ккола жидеда кверцин хъвазе бегьуларел чагIи. Полициялъулгун конфликт ккурав чи нижеца цIунизе байбихьарабго, нижеда бихьула кигIан захIматго букIунеб гьеб гьабизе диваналда. ДиванчагIазул хьвада-чIвади букIуна полициялъулазул "хIакъикъаталъул презумпция" бугеб гIадаб. Ай, гьез абулебщинаб битIараб букIунеб гIадин ва оппонентазул каламин абуни, гIицIаб гьереси букIунеб гIадаб. Гьединал мисалал нус-нус гурел, аза-азарго рукIуна. Полициялъуласе тамихI гьабизе ккани, гьес гьабизе кколеб буго цIакъго вахIшияб, цIакъго машгьурлъараб такъсир. Гьебги щиб гьединаб такъсирал гьарурал полициялъулазе тамихIги тамахаб гьабула».

Щай ахирисеб заманалда жигараб къагIидаялда загьир гьарулел ругел гьединал, абухъего, «гайкаби дугъдазарулел» къануназул инициативаби?

Лев Пономарев: «Баккулеб буго суал, сундуе къваригун бугеб гьеб къанун, абураб. Дида ккола, гьеб бугин талъиялъул паранойя. Нилъеда бихьулеб буго, гьез щибаб къойилго гIадин бицунеб букIуна Россиялда кьер-кьераб революция букIине бегьиялъул хIакъалъулъ. Гьелдаго цадахъ щибав дупутатас, щибав хъулухъчияс жакъа гIамал гьабулеб букIуна щиб тунги, жив «партиялъулги», живго президент Путинилги тIубанго рахъ ккурав чи вукIин вихьизавизе. Жидеца теларин, жидеца биччаларин гьединаб революцияйин, жидеца рухIал кьелин президент ва гьесул система цIуниялъеин абулезул гIадаб букIуна гьезул хьвада-чIвадиги. Гьез къец балеб гIадин батIи-батIиял, рукIине те гIантал, инициативаби загьир гьарула, гьеб гьезул пиар-къагIида ккола, жакъа абухъего. ГIадада гурелъул Пачалихъияб Думаялде цо-цояз «бетIер cсерараб принтерин» абулеб. Гьаб инициативаги буго гьединабго кьучIалда бижараб, гьелда сверун гьарулел галабиги руго цIакъ хехал".

Пономаревасул пикруялда, Пачалихъияб Думаялъул «жигарлъиялда» нахъ буго улкаялъул талъиялъул Украиналъул гIадаб майдан Россиялда такрарлъизе бегьиялда хурхараб хIинкъи. Аммайин, жубалеб буго инсанасул ихтиярал цIунулес, Кремлалъ Киевалъул майданалдаса дарсалги росун ратизе бегьулин.

Лев Пономарев: «Дагьалъ цебе ниж данде рахъун рукIана «садистазул къануналде». Гьеб ккола туснахъазде данде хасал къагIидаби, битIахъе абуни, зулму хIалтIизабиялда хурхураб къанун. Гьеб гIумруялде бахъинабиялъул процесс гьоркьоб къотIизабураб гIадаб жо буго. Амма кинаб къагIидаялда гьеб ахир-къадги къабул гьабизе гьез бугебали нилъеда гьанжеги лъалеб жо гуро. Гьелде нахъе руссине руго гьел хаслихълъиялда.

Гьаб, жакъасеб инициативаялъе нижеца кьуна "гIаштIичагIазул къанун" абураб цIар. Гьеб инициатива къануналде буссунеб бугони, гьеб ккола, гIемер гIадамал нужеде тIаде рачIунел ругони, нуж хIинкъуге, нуж кьвагьдей хIинкъичIого, нужеда тIад жавабчилъи букIине гьечIин, нуж нижеца цIунизе ругин полициялъулазде абураб гIадаб жо. Дир гьединал рагIабаз бихьизабулеб бугин абизе бегьула, щай гьеб къанун къабул гьабизе гьезие бокьун бугебали. Гьел хIакъикъаталдаги параноикал гIадин хIинкъун руго гIадамаз къватIире рахъун, низам хвезабизе байбихьизе бегьиялдаса. Гьедин ккезе рес букIин лъала гьезда Киевалъул майдан бихьун. Майдан бигьаго чIезабизе кIолеб жо гуро.

Доб соналъул февралалда Киевалда, снайперас яги снапераз чIвана къогоялдаса цIикIкIун чи. Гьеб букIинчIо цереги рахъун киназдаго вихьулеб къагIидаялда полициялъулазде кьвагьдей, гьеб букIана балъго, гIадамазда жал рихьулареб къагIидаялда гьабураб кьвагьдей. Амма хадусеб къоялда Украиналъул полициялъул кинабго талъи бихха-хочун ана. Гьезда бичIчIана хадусеб къоялда халкъалде кьвагьдеялъул буюри нухмалъиялъ кьезе бегьулеб букIин. Полициялъулаз жидеего хIукму гьабун батила гьединаб жоялдаса инкар гьабизе.

Нилъер талъиялдаги лъала гьединаб жо ккезе бегьулеблъи. Гьединлъидал гьелъие бокьун буго полициялъул бетIералда квер бахъизе, гьел тIуранго жидедего руссинаризе, гьелъие бокьун буго полициялъулал зомбиязде руссинаризе, гьезул пикру хисизабизе. Гьез гьел ругьун гьарулел руго майданазде рахъунел гIадамал Магърибалъ гIарацги кьун, улкаялда низам хвезабизеги, пачалихъ биххизабизеги тIамурал гIадамал ругин абураб пикруялде.

Дида лъала гьез полициялъулал гьединаб пикруялде кIудияб кIвар кьун ругьун гьарулел рукIин, гьезулъ кIудияб рокьукълъи бижинабулеб букIин. ГицIго гьелъие гьеб къанун къабул гьабулеб буго гьез. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола полициялъе цебеккунго индульгенция кьей».

Кинаб къагIидаялда загьирлъизе бегьулеб гьединаб къанун гьедингоги низам цIунулезул хьвада-чIвади беццулареб Дагъистаналда ва тIолабго Шималияб Кавказалда?

Сапият МахIамадова: «Полициялъулазул бицунаго, «беспредел» абураб рагIи цIакъ гIемер хIалтIизабула Дагъистаналда. Гьанже гьеб къануналъ гьезул кверал дагьалъги чучизарула. Гьебин абуни ккола ахIвал-хIал регионалда дагьалъги хIалуцине бегьулин абураб.

Босе цингиги, кинал гIаги шартIал тIуразаричIого щаклъи бугин ккарал автомобилал рагьизе рес гьеб къануналъ кьолеб букIин. Лъица жаваб кьезе бугеб, машинабазда жанир гьез балагьулеб жо батIичIони? Гьеб къанун къабул гьабуни, гьелъ кIудиял балагьал рижинаризе бегьула. Хасго нилъер регионалда, хасго полициялъулазул берцинго ургъичел галабаз гIемер гIадамал балагьалде ккезарун ругеб Дагъистаналда.

Хасго руччабазде данде ярагъ хIалтIизабиялъе ресал рагьулел рукIиналде балагьун, дие бокьун буго суал лъезе, кинаб гIасруялда нилъеца гIумру гьабун бугин, абураб. Дица гьадин абила гьеб киналдаго хурхун, нилъер къанунал рахъулез полициялъул хIалтIухъабазул къанунияб гуреб хьвада-чIвади къануналъул кьучIалде бачунеб бугин".

Пономаревсги рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалда гьеб къануналъул асаралъ ахIвал-хIал дагьалъги хIалуцинабизе бегьулин. Амма гьесул пикрялда улкаялъул талъиялъ ургъел буго цоги жоялъул.

Лев Пономарев: «Кавказалда букIана цо гьединаб хIужжа антикоррупциялъулаб митингалде бахъараб халкъалде данде ярагъ хIалтIизабиялъул. Гьеб букIана 2006 соналъул маялда Дагъистаналъул Докузпара мухъалда. Дунги гьениве щун вукIана доб мехалда Анна Политковскаялда цадахъ, гьей чIвалелде лъабго гIанаб моцIалъ цеве.

Гьанже гьединаб къанун къабул гьабулеб бугони, кинаб букIине бегьулеб регионалда хIал? Шималияб Кавказалда гьеб къанун хIалтIизе бегьула хасаб къагIидаялда. Цо босани, къуватиял структурабаз гьениб жидецаго хвезарула къануналги конституцияги. Хасго хасал операцияби тIоритIулеб мехалда.

Цогидаб рахъалдаса балагьани, регионалда бакIалъулал къуватал гIечIого, зама-заманалдаса хисун, чIезарун рукIуна Россиялъул цоги регионаздаса рачIунел полициялъул къуваталги.

БакIалъулал полициялъулални ургъизе гIаги ратила, гьеб ярагъ хIалтIизабиялда цебе. Кинаб букIине бегьулеб хьвада-чIвади заманалъ гьенире рачIунел силовиказулали, цебе чIезабизе захIматаб жо гуро. Хасго гьеб къануналъ тIубанго гIадин гьездаса жавабчилъи тасса бахъулеб бугеб мехалда.

Гьеле, чIечIого хасал операциял унел рукIуна гьенир. Низам цIунулел гьедингоги жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб рукIуна гьенир антитеррористиял операцияби тIоритIулел мехалда. Гьеб къанун къабул гьабулеб бугони, гьез вахшилъиял гьаризе бегьизе буго, абухъего къанунияб кьучIалда. Мисалалъе, росабалъ гIадамазул рукъзабахъе жанире лъугьунеб мехалда. Лъица ва кин чIезабизе бугеб гьез такъсирищ гьабулеб бугеб яги къануналъул тIалабалищ тIуразарулел ругелали? Кин гьединал шартIазда гIорхъаби чIезаризе ругел гьеб кIиябго хIужжаялда гьоркьоб? Рази гьечIеб халкъ гьезде данде унеб бугони, щиб гьез гьабизе бугеб, гьел кьвагьдезе руго. Гьеб регионалда гуребги, улкаялъул бокьараб бакIалдаги. Талъиялъ гьелде жалгоги хIадур гьарулел руго, хIадур гьарулел руго гьелде полициялъулалги".