Тунисалда ккун руго теракт гьабиялда щаклъи ругел

Тунисалда ккун вуго Сус абулеб шагьаралда бугеб хIухь бахъиялъул петералде гьужзум гьабиялда щаклъи бьугев 12 чи. Доб теракталъул хIасилалда 38 турист чIван вуго.

Аслияб къагIидаялда КIудияб Британиялъул гражданал. Полициялъ жеги кIиго чи вала-гъалагьулев вуго, ян лъазабуна парламентиял бухьеназул рахъалъан Тунисалъул министр Лазхар Акремица. 26 июнялда гьабураб гьужумалъул жавабчилъи тIад «Исламияб пачалихъалъ» босун буго.