Сербазул президент Сребренницаялде ине гьечIо

Сербиялъул президент Томислав Николичица гIахьаллъи гьабизе гьечIо къого соналъ цебе Сребренница абулеб росулъ чIварал гIадамал ракIалде щвезариялъул тадбиралда. Гьеб тадбир тIобитIила 11 июлялда. Къого соналъ цебе Сребренницаялда Босниялъул микьазаргогIан бусубранчи чIвана. Гьеб хIужа геноцидлъун рикIкIун буго.