Греция дефолталда цебе
29 июналда Афиназда парламенталъул минаялда цебе халкъаздагьоркьосел кредитораз тIалаб гьабулел реформаби риччангутIиялъул мурадалда греказ тоIбитIана протесталъул акция.
Гьебго заманалда Грециялъул гражданазул аслияб бутIаялъе бокьун гьечIо улка еврозонаялдаса нахъе ине.
Протесталъул акциялъул гIахьалчIужу.
Грециялдаги еврокредитораздаги гьоркьо налъабазул реструктуризация гьабиялда сверун кIалъа-басаяз хIасил кьечIеб мехалда, премьер-министр Алексиси Ципрасица лъазабуна, улкаялда банкал хIалтIизе гьечIин 6 июлалде щвезегIанин.
Инкассаторас гIарац щвезабулеб буго Миллияб банкалъул бутIаялде.
Афиназда къарал банказул цояб.
Банкалъул клиенталъе щвана гьабсагIаталда банкоматалдаса гIарац бахъизе.
Банкоматалдаса гIарац бахъулезул ирга.
Афиназда гIумру гьабулел банкалъул кIалтIа.
Граффити бокьулез Афиназул къватIазул цоялда хъван буго - "Греция гъорлъ гьечIеб Европа наркотикал гьечIеб ихтилаталъул данделъи" абун.