Пакистаналда бухIиялдаса хварал гIадамазул къадар цIикIкIун буго азарго чиясдасаги

МухIканлъизабурал баяназда рекъон, 1000-ялдасаги цIикIкIун чи хун вуго Пакистаналъул жанубиябгун магърибалъул рахъалда аномалияб бухIиялъул хIасилалда.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго улкаялъул талъиялъ.

Хваразул аслияб къадар буго Карачи шагьаралда. ЦIакъ гIемер чи ккун вуго азарханаялде.

Температура Пакистаналда бахун буго 45 градусалде.

Маялда мадугьалихъ бугеб Индиялда бухIиялдаса хвана 1500-ялдасаги цIикIкIун чи.