«Роспотребнадзоралъ» кьураб баяналда рекъон холера унтул бактериял гьез тIатинарун руго МахIачхъалаялъул «Березка», «Прибой» ва «ЧIегIерал ганчIал» абурал, гIадамал чвердезе унел пляжазда. Шагьаралдаса гьенибе чвахулеб бугин чорокаб лъимилан бицана «Эркенлъиялъе» «Роспотребнадзоралъул» хIалтIухъаналъ. 2013 соналъго гьез гьелъул хIакъалъулъ хъван букIун буго тахшагьаралъул Киров мухъалъул диванханаялде. Гьелда рекъон диваналъ къотIараб хIукмуги буго, амма бицен гьабулел пляжаз гьеб хIукмуялъул санцин гьабун гьечIо. «Роспотребнадзоралъ» гьал къоязда нахъойги диваналъул приставазухъе кьун буго гьелъул хIакъалъулъ баян.
Жидеца тIатинабураб холера унти тIоцебе лъималазде бахиналъул хIинкъи бугилан абулеб буго Роспотребнадзоралъул хIалтIухъан ТIагьирова Лейлаца.
ТIагьирова Лейла: «Киналго нижеца тIатинарурал бактериял руго холера унтиялъул лъабабилеб группаялъул. Гьелъул зарал буго диарея ва гьеб гуреб цогидалги чохьол унти загьирлъиялъе, тIомол унти баккиялъе, гьединго хIинкъи буго гьелъул бадибе ккун гьелдалъунги чиясе зарал гьабиялъул. Хасго хIинкъи буго гьеб лъималазде бахиналъул, гьезул организм жеги загIипаб, бокьараб унтуда дандечIезе бажарулареб букIунелъул».
Гьедин батани гIадамал гьеб бакIалда чвердезе гьукъизе ккела гурищилан нижеца гьикъидал гьелъ бицана, жидер идараялъ киданиги МахIачхъалаялъул пляжазда гIадамал чвердезе изну кьоларин. Чвердезе гьукъун бугилан абурал игIланал чIван ругин нижеца гьел киналго чвердолел бакIазда, амма гIадамал гьенире гьукъун жидехъа бажаруларин, цIияб гьава цIазе гIолониги ралъдахъе инчIого нилъер халкъ букIунарин.
Гьебго баян «Эркенлъи» радиоялъе тасдикъ гьабуна МахIачхъалаялъул аслияб пляжалъул нухмалъулев ИсмагIилов Рашидицаги. Гьес бетIерлъи гьабулеб пляжалдаги, холера унти батараб «Березка» пляжалдаги гьоркьоб буго цо километралъул манзил, гьединлъидал гьеб унти МахIачхъалаялъул аслияб пляжалдеги щвезе рес буго. Амма чвердезе гIадамал гьукъизе жинда кIоларилан мукIурлъана Рашид ИсмагIилов.
ИсмагIилов Рашид: «ГьечIо нижер гьединаб рес, нужецаго хIисаб гьабе нус-нус чи вачIуна щибаб къоялъ гьаниве чвердезе. ГIадамал хвасар гьариялъул тIубарал къукъаби нижеца гьанире реханиги гьеб бигьаяб масъала гуро. 44 градусалъул хинлъи буго гьабсагIат къватIиб, ралъдал хинлъи абуни буго 27 градус. Рогьаралдаса рукIкIинегIан хIетIе чIезе бакI букIунаро гьаниб халкъалъул гIемерлъиялъ. Нижедани кIола гьанир чвердезе гьукъун бугилан игIланал чIвазе. Амма нилъер гIадамаз гьелъул санцин гьабуларо, ралъдахъ тира-сверизейин, цIияб гьава цIазейилан абун гьаниве гIемерав чи вачIуна. Кинавго чиясда хадуб хал ккунги бажаруларо. Ралъад бацIцIадго букIуна гьеб цIорон бугебгIан мехалъ, амма хинлъун хадуб кинабго жаниб бугеб чороклъи гьелъ къватIибе рехула».
Нижеца гьединго гара-чIвари гьабуна ралъдахъ чвердолел ратарал гIадамалгунги. Мисалалъе, МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев Зиявудиница гьадин бицана нижер программаялъе.
Зиявудин: «Дун МахIачхъалаялде вачIаралдаса исана тIубала 66 сон ва гьеб 66 соналда жаниб щибаб соналъ чIван рукIуна гьанир ралъдалъ чвердезе гьукъун бугилан абурал игIланал. Щай, щайгурелъул кинабго шагьаралда жаниса унеб лъим чвахула Каспий ралъдалъе жанибе. Хабар букIана кинабго хъубабщинаб лъим бацIцIад гьабулеб бакI базе бугилан, амма гьеб рагIалде бахъинчIо, кинабго чороклъи бачIуна Каспий ралъадалъе жанибе. Кинабго гIайиб буго республикаялъул нухмалъуда, гьелъ гIамалцин гьабулеб гьечIо чорокаб лъим бацIцIад гьабулел бакIал раялъе».
Гьедин батани щайинха мун гьанив чвердолевин гьикъидал Зиявудиница абуна живги цогидалги ругьунлъун ругин гьелде, гьалдаса хадуб гьелъ жидее гьабизе зарал гьечIин, гьанжелъагIан чвердолел рукIарал гIадин гьалдаса хадурги чвердезе ругин жал ралъдахъ.