СШАялъ Европаялда НАТОялъул къватал цIикIкIинарулел руго

Spearhead абураб НАТОялъул хехаб реакциялъул къуватазе Цолъарал Штатаз кьезе буго тIадеги ярагъги рагъулазул контингентги.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна итни къоялда Америкаялъул улка цIуниялъул министр Эштон Картерица. Гьеб къуват чIезабизе бугин Балтиялъул улкабазда, ай, Эстониялда, Литваялда, Латвиялда, гьединго Болгариялдаги, Румыниялдаги. Польшаги разилъанин цо-цо элементал жиндихъго къабул гьабизе ва цо-цо жо Германиялдеги кьезе бугин, лъазабуна министрас.

Гьел улкабазда битIизесеб яргъил ва техникаялъул ва жалго рагъулазул къадар гIезе бугин Россиялъул рахъалдаса ругел хIинкъияздаса цIуниялъеян, рикIкIунеб буго Картерица.

Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакилас лъазабуна НАТОялъул улкабазде, ай, Россиялъул гIорхъабазде аскIоре танкал ва цогидаб къуватаб ярагъ швезаби букIине бугин "цIорораб" рагъалъул заманалдаса Цолъарал Штатазул бищунго агрессивияб актин.