ООНалъ лъазабиял гьаруна 2014 соналда Газа сеторалда букIараб конфликталда сверун цIех-рехалда хурхарал

2014 соналъул июлалда Газа секторалда тIобитIараб конфликталъул цIех-рехх гьабулеб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хасаб комиссиялъ лъазабуна, жинца бакIаранин рагъулал таксирал гьариялде кIиябго рахъалъул – Израилалъулги Палестинаялъулги - хурхен букIине бегьи бихьизабулеб гIуралъ кIвар кIудияб информацийин.

Израилалъул премьер-министр Беньямин Нетаньяхуца Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул доклад какана гьеб бахъилелдего, Израилалъул рахъалъ бахъараб доклад бугин хIакъикъаталде данде кколебинги абун.

Израилалъул лъазабуна, Тель-Авивалъ гьабунин бажарарабщинаб ракълилаб халкъалъе зарал ккечIого букIиналъейин. Гьелдаго цадахъ Палестинаялъул экстремистаз кьабиял щвезарулел рукIанин Израилалъул гражданияб халкъ ракIалдецин босичIогойин.