Грециялъги Россиялъги Туркиялда балеб газил рогIоро цIазе буго Европаялде

Грециялъги Россиялъги гъулбасун буго Туркиялъул территориялда балеб газил рогIоро Грециялъул территориялдасахун Европаялде цIаялда хурхараб меморандум.

Россиялъул энергетикаялъул министр Александр Новакицаги Грециялдаса гьесул коллега Панайотис Лафазанисица документ гъулбасана 19 июналда Санкт-Петербургалда тIобитIулеб экономикияб форумалъул кулуаразда.

Лафазанисица лъазабуна, налъабаз накабазде ккезабун бугеб Грециялъе жакъа квербакъи къваригIун бугин ва Россиялъулгун гьоркьорлъаби гIуцIи кколарин Европаялъул улкабазде данде гьабулеб галийин.

Новакил рагIабазда, рогIоро баялъе гIарац биччалеб буго Внешэкономбанкалъ ва Россиялъул цогидал банказ.