Курдаз «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъухъа бахъун буго шагьар

Цолъарал Штатаз квербакъи гьабулел курдазул яргъид гIуцIарал къокъабаз итни къоялъул маркIачIуда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъухъа бахъун буго Туркиялъул гIорхъода бугеб Тель-Абъяд абураб тактикияб рахъ босун цIакъ кIвар кIудияблъун рикIкIунеб шагьар.

The Associated Press агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, курдазул къуватаз жидерго контролалде гъоркье босун буго шагьаралъул аслияб бутIа ва Сириялъулгун Туркиялъул гIорхъиялъул бутIа. Гьеб гIорхъиялдасахун исламистазул гIуциялъул кьеразде рачIунел рукIана къватIисел улкабаздаса гIадамазул аслияб къадар ва гьенисан баччулеб букIана исламистазул материалияб базаялъе къваригIун квербакъи.

Курдаз Тель-Абьяд бахъи кколеб буго ахирисеб заманалда «Исламияб пачалихъалъе» ккараб кIудияб ками.