Киевалъ Москваялдаса тIадекIанцIияз ккезабураб зарал бецIи тIалаб гьабулеб буго

Украиналъ Россиялдаса тIалаб гьабулеб буго Москваялдаги Ростовалдаги дипломатиял вакиллъиялъул минабазде гьарурал тIадекIанцIиязул хIасилалда ккараб зарал бецIи. Украиналъул КъватIисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда тIалаб гьабулеб буго гьединго тIадекIанцIиязул жавабчилъи бугезе хъачIаб тамихI гьабиги.

Киевалъул рахъалъул лъазаби баккана Харьковалда бугеб Россиялъул вакиллъиялъул минаялде гьабураб тIадекIанцIиялда хурхун, Москваялъ протесталъул нота загьир гьабун сордо-къоялдаса.

Рузман къоялъул сардикъ Ростовалда жал щалали лъаларез Украиналъул генералияб консуллъиялъул минаялъул гордазда ва къедазда речIун руго помидорал, ханаби ва лажбаралъул шушби.

Украиналъул консул Аленксандр Ковтуница УНИАН агетлъиялъе лъазабун буго, тIадекIанцIи гьабунин ФСБялъулги полициялъулги нухмалъиял ругеб Россиялъул централияб рахъалда бугеб шагьаралдаса рачIарал маскаби хурал гIадамазул къокъаялъин. Гьесулго рагIабазда, тIадкIанцIи гьабураб заманалдаго гьенире щун руго журналистазул къокъаги.