КватIичIого «Яндекс» корпорациялъул сайталда цIиял харбазул бутIаялда гIемер Дагъистаналдаса харбал раккизе ругин лъазабулеб буго Дагъистаналъул печаталъул ва информациялъул министерлъиялъ. Гьеб идараялъги «Яндексалъги» къотIи-къай гьабун буго республикаялдаса цIикIкIун лъикIал харбал гьеб сайталда лъезе. Гьаб сагIат гьеб «Яндексалде» ккола интернеталда бищун гIемер гIадамаз халгьабурал сайтаздаса харбал. Гьеб цебе рехсараб къотIи-къаялдаса хадуб интернеталда ругел халгьабиязухъ балагьичIого рихьизаризе рагIула гьенир Дагъистаналдаса лъикIал харбал. Гьеб къотIи-къаялда рекъон гьанже Дагъистаналъул батIи-батIиял идарабазул ва информалатазул 70 гIан сайталдаса информация бачIине буго «Яндексалде».
Россиялда информациялъулаб сиясаталде бищун гIемер гIарац хвезабулезул цояб кколеб буго Дагъистан. Гьединал баянал кьун рукIана 2014 соналда Пятигорскалда букIараб Шималияб Кавказалъул республикабазул журналистазул данделъиялда, амма кигIан гIарац гьелъие биччарабали баян гьабичIо гьениб. Министерлъиялъул сайталдаги гьеб суалалъе жаваб гьечIо. МухIканал гурел баяназда рекъон федералиял чIахIи-чIахIиял информалатазулгун гьединал къотIи-къаял Дагъистаналъ балъго цере-цереги гьарун рукIун руго. ЦIар бицине бокьичIев гьединаб федералияб информагетлъиялъул Дагъистаналда вугев журналистас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна чанго миллионги кьун гьарулаанила республикаялъ жидер агентлъиялъулгун къотIи-къаял, гьез ритIун рачIарал харбал нижеца къватIире кьезе рукIине. КигIан федералияб кIвар гьечIел, гьадингоял харбал рукIаниги гьел киналго жидер сайталда рахъизеги рахъулаанилан. КидагогIадин республикаялъул нухмалъи лъикIаб рахъалъ бихьизабулел харбал рукIунаанилан гьелилан.
Дагъистаналъул печаталъул ва информациялъул министерлъиялъ ва гьелъул нухмалъулев Азнаур ХIажиевас щибаб данделъиялда бицуна республика лъикIаб рахъалъ бихьизабизе ккеялъул. Гьес гьоркьоса къотIичIого гIайиб гьабула журанлистазде гьез лъикIабщиналде кIварги кьечIого кинабго чIвай-хъвейги хъублъиги кьолеб бугила къватIибейилан. Дагьаб цебегIан букIараб Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъиялдаги ХIажиевас цIидасан лъазабуна республикаяда дагьабги кIвар кьезе къваригIун бугила гьеб лъикIаб рахъалъ бихьизабизейилан.
Азнаур ХIажиев: «Кавказалда бугеб ахIвал-хIал гIодобе биччазабиялъе гуребги, гьеб лъикIаб рахъалде буссинабиялъеги бищун кIудияб кIвар буго информалатазул. Амма гьеб гIодобе биччазабиялъе хIалтIулездаса, гьеб дагьабги цIакъ боркьизабиялъе хIалтIулел цIикIкIун руго. ЧанцIулго абуниги бугебщинаб лъикIабщинаб харабги жибго тун сверун ахIи-хIур бахъунеб, чIвай-хъвеязулги, диваназулги, коррупциялда хурхарал ишазулги, диваназулги гурони информация къватIибе кьолеб гьечIо журналистаз. Гьединго гIарцухъ макъалаби хъвалел журналистас гьеб пишаялъулго къимат хвезабулеб буго. Журналистасда бичIчIизе ккола жинца тIаде босун бугеб ишалъул буге цIикIкIараб жавабчилъи. Сундухъниги балагьичIого, кинаб сиясатияб ахIвал-хIал букIаниги журналистасда тIадаб жо буго ритIухъаб информация къватIибе кьезе».
Гьединго Аджиевас лъазабуна жидер министерлъиялъ экстремизмалде данде къеркьеялъе гIемераб хIалтIи гьабулеб бугила, гьединал проектазе биччалила жидеца бищун цебе гIарацилан.
БатIи-батIиял федералиял информалатазе ва газетазе хъвадарулей Дагъистаналдаса жураналист Наталья Крайновалъ «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна гьединал гIарцухъ гьарурал, республика лъикIаб рахъалъ бихьизабулел къотIи-къаял къваригIунарила гьаниб лъикIаб ахIвал – хIал чIезабулеб бугони.
Наталья Крайнова: «Дагъистан лъикIаб рахъалъ бихьизабиялъул иш нухтIе ккола журналистазе гьеб рахъалъ республика бихьизабизе шартIал чIезарун ругони, ай унголъунги лъикIал харбалги лъугьа-бахъиналги республикаялда рукIунел ругони. ЦохIониги журалист республика квешаб рахъалъ бихьизабизейин абун лъугьун вукIунаро, дун гьелда божуларо. Гьез хъвала гьезул федералияб информалатаз букIа, газетазгун телеканалаз букIа къабул гьабулеб информация. Федералияб кIвар бугеб лъикIаб лъугьа-бахъин чан нилъер гьаниб букIунеб? Кибалиго гъутIбигун –тIугьдул чIейги, чанго километр нухлул къачIайги гьелда релълъарал цойгидал ишазулги хIакъалъулъ хъван гьезие данде кколаро. ЛъикIал, экономикиял яги социалиял проектал хIалтIизе риччани гьединалго цойги пайда бугел интересал проектазул лъицаниги тIамичIониги журналистаз жидецаго хъвала бицуна, гьеб гьабуралъухъ гьезие тIаде гIарацги кьезе кколаро. Амма цохIо чIахIи-чIахIиял кIалъаял гьарулел данделъаби гурони республикаялда тIоритIулел гьечIони. Гьенир рицарал харбалги гIурмруялде рахъинарулел гьечIони, цохIо гIарац бикъи гурони тIокIаб хIалтIиги гьабулеб гьечIони цохIониги лъикIал харбал къватIире кьезе гьарурал къотIи-къаязул пайда букIине гьечIо».
Гьединго Натальяца абуна гьеб цебехун рехсараб къотIи-къаялда рекъон «Яндексалда» кьезе ругел республикаялъул батIи-батIиял идарабазул ва информалатазул сайтаздаса харбал рукIине кколедухъ, профессионалиял рахъалъ хъван рукIунарилан. Гьенир ругел хIалалда гьел «Яндексалда» кьезеги бегьуларилан.