Мисралъул Луксоралда хвалде унес живго кьвагьизавуна туристазул комплексалда

Мисралъул Луксор шагьаралда хвалде унес живго кьвагьизавуна туристазул кIудияб интерес букIунеб Карнак храмалда аскIоб.

Гьезул цогиги кIиго чи хун вуго полициялъулазулгун букIараб тунка-гIусиялдаги.

Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, тунка-гIуси унеб мехалда лъукъун вуго гьединго ункъго чи, гьездаго гъорлъ кIиго полициялъулавги.

Карнакалда аскIоб ккараб ракIалде босун, Мисралъул некъсияб ирсалъул ишазда сверун министерлъиялъ буюри кьун буго туристиял комплексазде рачIунел туристазул хIинкъигьечIолъи цIуни цIцIикIкIизабиялъул.

Араб анкьалда Гизаялъул пирамидабазул комплексалда аскIоб чIван вуго туризмалъулгун нексияб ирсалъул полициялъул кIиго хIалтIухъан.