Новосибирскалда Алексей Навальныясул калам чанго нухалда гьоркьоб къотIизабуна

Новосибирскалда гьаб соналъул сентябралда тIоритIизесел рищиязул гIахьлачIагIигун данчIвана оппозицияв политик Алексей Навальный. Гьеб тадбир тIобитIулеб букIун буго митингалъул къагIидаялда.

Гьелда гIахьаллъун вуго кIиазаргоIялде гIунтIун чи.

Данде ракIарарал гIадамазда цебе Навальныясул калам чанго нухалъ гьоркьоб къотIизабун буго бакIалъулал хъазаказ ва Миллияб эркенлъизариялъул гIуцIи абураб багъа-башариялъул гIахьалчагIаз.

Гьел гIуцIиязул гIахьалчагIаз ахIиял гьарулел рукIун руго, Навальный кколин хиянатчи ва гьев улкаялдаса нахъе ине кколин.

Гьединазе жаваб кьолаго Навальныяс абун буго, миллиял хиянатчагIи кколин улкаялъул бюджет бикъулел ва халкъалъе гьерсал рицунел талъилъул хъулухъчагIиян.