Петр Порошенкоца загьир гьабуна парламенталде санайилаб хитIаб

Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна, улкаялъул машрикъалъул рахъалда гIатIидал рагъул операцияби тIобитIиялъул кIудияб хIинкъи бугин жакъайин.

4 июналда парламенталде гьабураб санайилаб хитIабалда гьес лъазабуна, Украиналъул рагъул къуватал хIадурал рукIине кколин «Россиялъулгун гIорхъиялъул кинабго халалъиялда букIине бегьулеб гьужум нахъ чIвазейин».

Гьесулго рагIабазда гьанже Украиналъул территориялда рагIула Россиялъул ичIазаргоялдасаги цIиккIун солдат.

Киевалъ ва Магърибалъ Россиялде гIайиб гIунтIизабулеб буго сепаратистазе квербакъи гьабиялъул. Москваялъ гьеб нахъ чIвалеб буго.

Цебесеб къоялда Украиналъул рагъулаздаги сепаратистаздаги гьоркьор тунка-гIусиял ккана. Украиналъул президентасул кумекчи Юрий Бирюковасул лъазабиялда рекъон, хун вуго бищун дагь босун щуго солдат. 39 чи лъукъунги вуго.

Тунка-гIусиял ккун руго Марьинка абураб шагьаралда аскIоб.

Сепаратистаз лъугьа-бахъаралъул гIайиб гIунтIизабулеб буго Украиналъул рагъулазда. ТIоцересез лъазабулеб буго хIукуматалъул къуватаз щвезабураб артиллериялъул кьабиялъул хIасилалда хванин 15 гIадатияв чийин.