Европаялъ Россиялъул жавабияб санкция какула

Европаялъ какулеб буго жиндир вакилзаби Россиялде рачIине гьукулеб Кремлялъул хIукму.

ГIаммаб къадаралда 89 депутатасе ва министрасе гьанжеялдаса нух къан буго Россиялде. Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул идараялъул бетIер Федерика Могериница гьелда бан абуна, Москваялъ гьадинаб хIукму кьучI гьечIого гьабунин.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ жиндир иргаялда лъазабуна, гьеб бугин жавабияб санкцияилан.

Дагьалъ цебе Евроцолъиялъ Россиялъул ва Украиналъул 151 вакиласе гьукъана Европаялде вачIине. Гьадинаб хIукму гьабун буго Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун букIиндал.

КIудияб Британиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна, жиндирго гьадинаб хIукмуялъул гIаксаб хIасил бихьила Кремлялда.

Гьелда релъарал пикраби загьираруна Швециялъул къватIисел ишазул министр Маргот Вальстрёмица, Нидерландазул министр Берт Кундерсица, Финляндиялъул министр Тимо Синица ва цогидаз.

Россиялъ гьабураб «чIегIераб сияхIалда» гьечIо Австриялъул, Венгриялъул, Ирландиялъул, Кипралъул, Португалиялъул, Словакиялъул, Словениялъул, Хорватиялъул, Люксембургалъул ва Мальтаялъул вакилзаби.