Саакашвили вахъана Одесса икълималъул бетIерлъун

Украиналъул президент Петр Порошенкоца Одесса икълималъул пачалихъияб администрациялъул бетIерлъун тIамун вуго Гуржистаналъул вукIарав президент Михаил Саакашвили.

Гьелда цебе гьес гъулбас лъуна Саакашвилие Украиналъул гражданлъи кьеялъул амруялда гъоркь. Гьелда абун буго – Михаил Саакашвилие Украиналъул гражданлъи кьей – пачалихъияб интересалъе гIоло гьабураб хIукму бугин.

Цого мехалъ Михаил Саакашвилисухъа Гуржистаналъул гражданлъи нахъе бугоан.

Гьеб улкаялъул къануналъ кIирахъалъулаб гражданлъи гьукъулеб буго. Гьединлъидал Михаил Саакашвилида гьанжеялдаса кIвеларо «Цолъараб миллияб багъа-бачари» абулеб оппозиционияб партиялъе нухмалъи гьабизе.

Гьеб партия гьес гIуцIун букIана 2001 соналда.

2012 соналда рукIарал парламентиял рищиязда къурав Михаил Саакашвилица улка тун, къватIивехун ана. Гьелдаса нахъе Гуржистаналъул генералияб прокуротуроялъ гьесда хурхараб такъсирчилъиялъул ункъго ишалъул цIех-рех гьабизе байбихьана.