«Бичизе гуреб» кин бичулеб тукабазда

Дагъистаналда лъималазул квен бичулел тукабазда бичулеб лъималазул кванил къучIбузда гъорлъ чанги бихьизе рес букIуна «Бичизе гуреб» абураб кагъат тIад чIварал къучIби.

ГIемерисез гьелде кIварго кьоларо, амма хIакъикъаталдаги гьел кколел руго цогидал лъималазе хIукуматалъ чIобого кьезе бихьизабураб квен.

Аминатие бокьичIо жиндирго унгояб цIар къватIибе лъазабизе. Гьелъул руго кIиго лъимал ва социалил хъулухъаз гьей рес гьечIейлъун рикIкIун, гьелъие моцIи-моцIие кьолеб буго лъималазул квен. Амма чанго моцIалъ цебе гьеб тIубан къатIанила ва тукаде босизе индал, гьенир ричулел рукIанила тIад кагъат чIварал лъималазул кванил къучIби. 3 моцI кьезе кколеб квен кьоларогон бугеб мехалъ, гьеб тукабазда бичизе лъун батидал Дагъистаналъул нухмалъулесул цIаралда кагъат хъван буго Аминатица.

Аминат: «Лъималазе кьезе кколеб квен кьоларого 3 моцIидаса цIикIкIун заман балеб бугин нижехъ, гьебго заманаялъ, тукада «Бичизе гуреб» абураб кагъат тIад чIварал кванил къучIби ричулел ругин хъвана дица кагътида. Заманалдасан, дун ахIана гьеб кьолеб бакIалде ва кидаго кьолин дие гьабилан абун кагъат хъвазе гьабуна дида, дие кинабго кьезе кколеб жо кьунилан. Гьенисан кьола Белакталъул кIиго къвачIа моцIие, гьеб гIемерисел лъималаз кваналаро ва босичIогон тун букIуна. Гьез росичIел кванил къучIбиги дие кьун рукIана цо нухалъ гьез - 12 къвачIа, цинги жинца дуе кьезе кколаребги кьун букIанин абун хъвазабуна кинабго жо кьунин ва гIарзал гьечIин дирилан абун».

Гьелдаса хадуб заман анила ва гьеб кIочонцин танила, амма иргадулаб нухалъ лъимерги бачун поликлиникаялде индал, гьений йигей лъималазул тохтур кIалал гьикъизе лъугьанила азарханаялъ хьихьизейищин дуца лъимал гьарун рукIаралилан абун.

Аминат: «Тохтуралъухъе индал гьел лъугьана дида хъачIго кIалъазе, жидеца къабул гьайиларин абун. Гьедин хъачIго щайин дида кIалъалейин абидал, гьелъие мустахIикъай йигин дунин абуна гьез. Гьединаб бербалагьи буго азарханаялда, поликлиникаялъ хьихьизейищин лъимал гьарун рукIарал дицайилан кIалгьикъи буго, амма гьанжеги гIарз гьабун анани щибго хисунгитIи бихьулеб буго дида, гьелъ хIехьон чIунги йиго. Гьелда тIадеги Сахлъи цIуниялъул министерлъиялдаса кагъат бачIана дихъе, дие кьезе кколелда тIадеги чанго къучIби лъималазул кванил кьун ругин ва карщал, сокал кьун ругин, амма гьеб кьун букIинчIо».

Аминатица инкар гьабуна къватIиб рагьун жиндирго мухъ ва цIар абизе, амма киса-кибего лъималазул квенгун квекIенал рукIиналъул абулеб буго улбуз.

2 сон базегIан гьадинго кьолеб лъималазул квен букIана киназего бихьизабураб жо, амма 4 соналъ цебе хIукуматалъ гьеб гIицIго мискинал, социалияб рахъалъ цIунараллъун кколарел гIадамазе гурого течIо. Улбуз, Социалияб хъулухъалдасан босараб кагътида рекъон, азарханаялъул лъималазул тохтуралъ хъвалеб буго гьеб лъималазе. МахIачхъалаялдаса Хадижатица бицана жиндие щолин гьеб лъималазул квен. Араб соналъ лъагIан кьолаанила чанго къвачIа кванил, карщал ва сокал, амма ахираб заманаялъ гIицIго кIиго къвачIа кванил гурого кьолеб гьечIила. Узбек городокалде щвезегIан гьелда хадур ун иргаялда чIун босизе инего бокьуларила, гIемерисез гьедин квер хьвагIунго тунги бугила гьеб босичIогон.

Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал кодосев ГIалибег ГIалиевас, цогидаб гьединабго лъугьа-бахъин араб соналъ ккараб мехалда лъазабун букIана, жиндихъе щварал баяназда рекъон, гьеб кьезе кколел бакIазул кIалтIе рачIун, машинаби цIун унеб бугин гьеб тукабазде. ХIакъикъаталдаги росаблъцин рукIунин гьеб бичулебин абулеб буго гIадамаз. Кьезе кколел нигIматазул сияхIал рукIунила щибаб кьолеб бакIалъул кIалтIа, амма гьениб хъвараб жо кидаго букIунарин абун гIицIго кIиго къвачIаги кьун нахъе ритIулила.

МахIачхъалаялъул поликлиникаялъул педиатр Сапият Имановалъ баян гьабухъе, цебе цо лъимаде бихьизабун букIун буго 5 къвачIа смесазул, сокал ва пихъил карщал. Гьаб соналъ гьебщинаб жо гьечIила, пихъил карщал ва сокал гьечIила. Исана лъималазе квание биччалеб гIарац дагь гьабун бугила ва гIицIго 380 гъурущ кколали. Гьеб гIарцухъ босизе щолеб жо бугила гIицIго кIиго къвачIа смесазул яги карщазул ва гIемерисел улбуз гьелда хадур лъугьун кагъталги гьарун, иргабаздаги чIун заманги чIвалеб букIиналъ, инкар гьабулеб бугила лъималазе квандаса. Тохтуралъул пикруялда, лъималазул кванда хурхун ругел макраби тIагIине ва улбузе гIемерго бигьалъи букIине букIана гьеб кванихъ кколеб гIарац лъималазе бачIунеб гIарцуде тIаде жубан кьолеб букIарабани.