Россиялда хIалтIизе буго «хIажат гьечIел» гIуцIабазда хурхараб къанун

Россиялъул Федерациялъул Шураялъ тасдикъ гьабуна Пачалихъияб Думаялъ лъабабилеб цIалиялда къабул гьабураб «хIажат гьечIелилан» абулел гIуцIабазда хурхараб къанун. КватIичIого гьелда гъоркь гъулбас лъезехъин буго Россиялъул президентас.

Гьеб къануналда рекъон хIажат гьечIеб гIуцIилъун рикIкIине рес буго Россиялъул Конституционияб низамалъе хIинкъи кьолеб хIукуматалъул гIуцIи яги къватIисеб улкаялъул гIуцIи. Нагагьлъун гьадинаб гIуцIи батанани, гьелда бараб хIукму гьабилаан Генералияб Прокуротуроялъ Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъулгун суал дандбан.

Рехсараб къанун къабул гьабизегIан гьелъул проект какана Amnesty International ва Human Rights Watch абулел инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз.