Мажгиталдаса - жанисел ишазул бутIаялде

Буйнакскалда бугеб салафиязул мажгиталда нахъеги гIадамал кколел руго низам цIунулез. Низам цIунулез гIадамал кквезе байбихьаралдаса мажгиталде рачIунел гIадамазул къадар цIакъ дагьлъанин, гьел хIинкъулел ругин мажгиталде ине, жал вагьабиязул сияхIалде росизе рес букIиналъин рикIкIунеб буго мажгиталъул имамас.

Иргадулаб нухалъ Буйнакск шагьаралда бугеб имам Шафийил цIаралда бугеб мажгиталдаса гIадамал ккун рачун ун ругин 18 маялъ къаси сагIат ичIго тIубараб мехалъин лъазабулеб буго «Кавказский узел» сайталъ. Имам ГъазимухIамадил къватIалда бугеб гьеб мажгиталдаса анцIго гIанасев чи ккун вачун анин шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялде тIад маскаби ххурал чагIаз, нахъа сардитIаги гьел риччанги рукIинчIин лъазабулеб буго гьеб сурсаталда.

Гьел кколин профилактикаялъулал тадбирал тIоритIизе ва кодор документал ругищали хал гьабиялъе, гьабсагIаталде ккурал киналго къватIире риччан ругин баян гьабулеб буго Буйнакск шагьаралъул Жанисел ишазул бутIаялда.

Гьеб тIоцебесеб нух гурин гьеб мажгиталда гIадамал кколел, ругьунаблъун лъугьун бугин, хасго рузман къоялъ гьел тадбирал тIоритIийин лъазабулеб буго мажгиталде хьвадулел гIадамаз.

8 маялъ иргадулаб нухалъ ккун рачун ун рукIана 20 гIанасев чи. Риччан хадуб гьезие бокьичIила Жанисел ишазул бутIаялда ккаралъул щибго бицинейин лъазабулеб буго «Мемориал» абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ.

Жиндир цIар абизе бокьичIев гьедин ккун вачун ун вукIаразул цояс баян гьабулеб буго гьеб къоялъ 150 гIанасев чи вачIун вукIанин рузманалде, мажгиталъул кIалтIа лъун букIанила металлодетектор, гьелда жанисан ине кколел рукIанила киналго, хадубго жиндирго цIар ва цогидаб информация бицине тIамулел рукIанила видеокамераялда хъвалаго, 15 чи гьеб бицине инкар гьабун къватIирго чIанила рузман базе, амма низам цIунулез щибго квекIен гьабичIила рузман бан лъугIзегIан, гьелдаса хадуб киналго Жанисел ишазул бутIаялде рачанила.

Цо-цоккун кабинеталде рачун гьелгун цIех-рех тIобитIун риччалел рукIанила гIадамал. Жинде ирга щведал, жинда цIеханила щайин жив гьеб мажгиталде унев, гьанжесаги анани, жив вагьабиязул сияхIазде восизе вугин лъазабунила. Вагьабиязул сияхIазде восанила жив гьебго мажгиталда нахъеги ккведал.

Гьеб сияхIалде росарал гIадамазе гIемер лазатбахъиял рукIунилан баян гьабуна гьес. Гьезул гIемерисел ургъунго гьарурал гIадал рукIунила. Нухда унаго щибаб бакIалда чIезарун халгьабиял тIоритIулила, гьелъ гIемер заманги бахъулила.

ТIолго Дагъистаналда вагьабиял абун сияхIалде росараздехун бугин гьеб бербалагьийин баян гьабуна цогидав чиясги гьеб сияхIалда вугев.

Масала, Болъихъ мухъалде хехаб къваригIелалъ унаго, лъабго сагIаталдасаги цIикIкIун заманаялъ ккунила жив халгьабизе Временный росу бугеб бакIалда, гьенисан Шамилхъалаялъу Жанисел ишазул бутIаялдаги банила чанго сагIат.

ЛъагIелалъ цереги мажгиталде азаргоялдаса цIикIкIун чи вачIунев вукIун ватани, гьабсагIат гIицIго 200 чи вачIунев ватилин мажгиталдейин абулеб буго гьеб мажгиталъул имам МухIаммад Сайфулаевас.

ГIадамал жал гьединал сияхIалде росилин яги цогидал квекIенал ккелин хIинкъулел ругила. Мажгиталде рачIун гIадамал рохьоре унарила, гьенире ун ругониги, гьеб гIайиб кинго мажгиталда букIунарин бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

МухIаммад Сайфуллаев: «ГIадамал ккун рачун унаго, гьез щибго жо бичIчIизабуларо, ругьунаблъун лъугьун буго жидер тадбирал гьарулел ругин абун рачун унел рукIин гIадамал. Азарго нухалъ гьикъула нижеца мажгиталда щайин гьел тадбирал тIоритIулел, амма щибго хIасил кколаро, мажгит кколеб буго гIайибияб цо чи рохьове унев вугони.

Жакъа мажгиталде вачIунев чи цо кинабалиго видеоялъухъ балагьун, яги батIияв чияс гьесизавун рохьове ун вугонани кин мажгиталда гIайиб бугеб? Гьеб жо цIехола дица, амма кинго щоларо жаваб.

Гьел ккун рачун араздаги цIехолеб буго имамас рохьоре ине ахIулищ, мажгиталъул нухмалъиялъ ахIулищали. Мажгиталда кинабгIаги гIайиб гьечIо цо чияс мекъаб жо гьабун бугони».

МухIаммад Сайфулаев гьединго ккола имамзабазул мажлисалъул вакилги. Араб анкьалъ салафиязул мажгиталъул имамзабазул мажлисалъул данделъиялда гьоркьоб лъураб аслияб суал букIана мажгиталдаса гIадамал ккун рачун иналда хурхараб. Гьеб мажлисалъ гьабизе кколеб букIана хIукму, амма кинабгIаги мухIканаб хIукмуялде рачIун гьечIилан бицана имамас.