Кинан ругел Кавказалъул руччаби

Германиялъул хъвадарухъан, Нобелил премиялъул лауреат Генрих Бёллил цIаралда бугеб фондалъ 2014 соналъ Щималияб Кавказалъул республикаязда тIобитIараб цIех-рехалъул хIасилал гьарулаго ихтиярал хвезари, хIалтIи гьечIолъи ва цогидал гIунгутIаби рехсон руго аслияллъун Шималияб Кавказалъул руччабаз.

Генрих Бёллил цIаралда бугеб фондалъ Инушетия, Дагъистан, Чачан, Гъабардазулгун Балкаразул ресубликаязда тIобитIараб цIех-рехалъул хIасилал лъазарулел руго жидерго докладалда.

Шималияб Кавказалъул республикаязул руччабаз рехсарал аслиял гIунгутIаби хурхарал ругин медикияб кумак щвеялда, хIалтIи гьечIолъиялда, ихтиярал хвезариялдайин лъазабулеб буго гьеб цIех-рех тIобитIиялъул нухмалъулей Ирина Костеркиналъ.

БатIи-батIиял ригьалъул азарго гIанасей чIужугIаданалда гъорлъ тIобитIараб гьеб цIех-рехалъул мурад букIанин кинаб бугеб жакъа чIужугIаданалъул хIал ва аслиял квекIенал социалияб бугониги, экономикияб бугониги сфераялда дандчIвалелин баян гьабулеб буго гьелъ.

Масала, медикияб кумак щвей ва материалиял сурсатазул чIезари кколеб бугила аслияб гIунгутIилъун Чачаналъги, Дагъистаналдаги, Ингушетиялдаги.

Дагъистаналда цIех-рехалъулъ гIахьаллъарал 50 процент руччабаз абун буго жидее сахлъи щула гьабизе бокьилаанин. Чачан республикаялда ругел руччабазул лъабил бутIаялъ лъазабун буго жидее лъидаго рачIого, эркенго рукIине бокьилаанин.

Жал ругеб хIал квешаблъун рикIкIунел руччаби бищун гIемер ругел республикалъун ккун буго Чачан республика, гьенир 70 процент цIех-рехалъулъ гIахьаллъарал руччабаз кьун буго гьединаб жаваб, хадубго буго Дагъистанги, 60 процент руччабаз жидер хIал лъикIаб гьечIин рикIкIунеб.

Фондалъул вакилзабаз баян гьабухъе, Шималияб Кавказалъул руччабаз гьединго аслияблъун рехсон буго хIалтIи щунгутIиялъул суал, масала 44 процент руччабаз Дагъистаналда хIалтIи щунгутIиялъул квекIенал ругин лъазабун руго. Гьединго 55 проценталъ цIакъ дагьал харжал рукIиналъул бицунеб буго.

Жакъа Дагъистаналда чIужугIаданалъе бихьинчиясдаса батIиял захIмалъаби хIалтIи щвеялъулъ гьечIин, гьеб гIаммаб гIунгутIи бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе журналист Светлана Анохиналъ. Цо суал бугила хIалтIи щунгутIи, амма гьеб гурила гIилла хIалтIи щунгутIиялъе, гьелъие гIилла бугила хIалтIудехун цIикIкIарал тIалабал рукIин.

Светлана Анохина: «ХIалтIи гьечIолъи Дагъистаналда гьечIин абураб пикру буго дир, дунгун гIемер чи разилъуларо, амма Дагъистаналда бугеб аслиязул цояб рекрутингалъул гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадгIумаровас гьединго рикIкIунеб буго. Дагъистаналда хIалтIудехун тIалабал цIикIкIарал рукIин буго гьеб хIалтIи гьечIогон ругезул гIилла.

Аслияб бутIа гIадамазе хIажат буго хIукуматалъул хIалтIи. Жакъа дида лъала чанги чагIи цIакъ цIикIкIаарал тIалабал хIалтIудехун ругел . Нилъер гIадамазул чIухIаби рукIуна, хIалтIи кигIан бокьаниги буго гьабулев чиясе. Абизе ккола жакъа Дагъистаналда гьечIин хIалтIи щвеялъул суалазулъ ручабаздаги бихьиназдаги гьоркьоб ратIа гьари».

Риигьназул суал борхулаго бищун кIудияб процент хIал гьабун ригьнаде арал руччабазул бугеблъун кколеб буго Кабардино-Балкария хадубго Чачан республика. Дагъистаналда жал жидеего бокьичIого ригьнаде анин абурал ккун руго 39 процент. 61 процент руччабазул жидер рекIее гIураб бакIалде ун руго ригьнаде.

Гьединго цIех-рехалда кIвар буссинабулеб буго руччабазул эркенаб заман тIобитIиялде. Аслияб къадар руччабаз гьеб телевизоралъухъ балагьун тIобитIулеб буго. ЦIех-рехалда гIахьаллъарал руччабазул 90 процент Дагъистаязул руччабаз кьун буго гьединаб жаваб.

Руччабазул къватIире рахъине, фитнес ва цогидал бакIазде хьвадизе рес бугел цIакъго дагь ругин лъазабулеб буго. Амма жакъа МахIачхъалаялда къватIире рахъани гьеб гьедин гьечIолъи бихьулин баян гьабулеб буго Светлана Анохиналъ. Кафе, ресторанал ва цогидал хIухьбахъулел бакIал руччаби камун рукIунарила.

Светлана Анохина: « Руччабазул данделъаби рукIуна кафе-рестораназда, амма гьел батIаго рукIуна, цогидал гIадамазда рихьизе бокьичIого. Масала, гIолилайгун интервью гьабулаго гьелъ бицуна жий клубалде унин, хIухьбахъизе бокьарал ресал ругин, амма гьеб къватIибе лъазе бокьуларо, сверухъ ругез жалго какилин хIинкъун, гьединлъидал гьединаб жо къватIибе лъазе толаро».

Гьелдалъун гьеб цIех-рехалъул хIасилал тIуран объективиял ругин абизе захIмалъулилан баян гьабуна журналисталъ.

Генрих Бёллил цIаралда бугеб фонд Россиялда хIалтIулеб буго 1990 соналдаса бабихьун. Фондалъ аслияб кIвар кьолеб буго демократиябгун культурияб цебетIеялъе кверчIвай гьабиялъе, гьелдаго цадахъ гендерияб демократия щула гьабиялъе.