Пачалихъияб Думаялъ кIиабилеб цIалиялда къабул гьабуна Россиялъе данде кколарел къватIисел улкабазул ва халкъаздагьоркьосел гIуцIиязул хIакъалъулъ къануналъул проект.
Документ къабул гьабиялъул рахъ ккун буго Думаялъул киналго фракцияз. Гьелъухъ гьаракь кьуна 442 депутатас. Данде вукIун вуго лъабго депутат.
Къабул гьабурал къануналда рекъон, улкаялъе данде кколареблъун риккине бегьула Россиялъул конституциялъулаб гIуцIиялъе, улка цIуниялъе хIинкъи бугел хIукуматалъул гурел гIуцIиял.
Россиялъе данде кколарел гIуцIабазул сияхIал гIуцIизе руго Юстициялъул министерлъиялъ.