Непалалда цIидаса ракь багъарана

Бищун дагь босун гьаб заманалде щварал баяназда рекъон, Непалалда цидахъа ракь багъариялъул хIасилалда хун вуго 40 чи, аза-азар чи лъукъунги вуго. Хварал рагIула гьединго Индялдаги Тибеталдаги. ХвасарчагIазул гIуцIиязул хIисбалда, росабалъ риххун руго гIемер минаби.