Украиналъул машрикъалда ругел улкаялъул хIукуматалъул аскариязул позицияздехун щуцIун кьвагьдей рагьана сепаратистаз 10-леб маялда. Тунка-гIусиялда хварал яги лъукъарал рукIаралищали мухIканлъизабун гьечIо жеги.
9-леб маялдаса байбихьун Широкино поселокалда унел руго тунка-гIусиял. Гьеб поселокалда Украиналъул «Азов» аскар чIун буго, гьелгун рагъулел руго сепаратистал.
Жалго сепаратистазул лъазабиязда рекъон, Минскалда гъулбасарал къотIи-къаял Украиналъул солдатаз тIуралел гьечIо.
РакIалде щвезабила, 12 февралалда Минскалда гъулбасараб къотIи-къаялда рекъон, Украиналъул нухмалъиялъ ва сепаратистаз тунка-гIусиял чIезаризе кколел рукIана.