Амировасе хIукму къотIизе буго лъабго диванчияс

​12 маялда Ростовалъул рагъулаб диваналда хал гьабулеб буго кIиго соналъ цеве туснахъ гьавурав МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасулги гьесул вацасул вас Юсуп Жапаровасулги ишазул.

Гьездаго цадахъ диван гьабулеб буго МухIамад Къадиев, Мурад ГIалиев, Зубаир Мутаев, МухIамад АхIмадов абулел чагIазеги.

Гьеб ккола СагIид Амировасегун гьесул вацасул васасе кIиабизеги гьабизехъин бугеб диван. Экс-мэрасул вас ТIалхIат Амировасеги изну кьолеб буго эмен цIунизе.

ТIоцебесеб нухалда Пенсиязул Фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев чIвазе хIадур вукIанин абураб гIайибги тIадчIезабун, туснахъалъул 10 сон кьуна гьесие. Гьесул вацасул вас Юсуп Жапаровасеги кьуна 8 сонгун 3 моцI. Гьанже гьел кIияздего гIайиб гIунтIизабулеб буго цIех-рехчи Арсен ХIажибегов чIваялда бан, гьединго изну гьечIого ярагъ-бича-хисиялда ва террор гьабиялда, изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазда гъорлъ рукIиналда бан.

Гьаб нухалда СагIид Амировасул адвокатаз диванчияс гьаризехъин буго процессалде кIванагIан журналистал риччайилан. Амировасул гьари гьединаб бугилан бицана журналистазе гьесул адвокат Владимир Постанюкица. Биччан тейила киназдаго бихьун букIине гьениб лъугьа-бахъунеб жо.

ТIоцебесеб диваналда Амировги гьесул вац васги мукIурлъичIо жидеде гIунтIизарулел рукIарал гIайибазе.

Амиров туснахъ гьавиялда бан республикаялда цо ккураб пикру гьечIо. Цояз абула гьев битIун лъунин жанив, гьанжелъагIан республикаялда гьарурал политикиял чIвай-хъвеяздехун хурхен бугин гьесул, шагьарги накалда ккезабунин гьес, бикъун.

Цогидаз абула гурин, кин букIаниги, гьев унтарав чи вугин, гьебщинаб мехалъ туснахъги гьавун гIакъуба кьечIониги бегьулаанин гьесие. Политикаялъулъ данде ругел чагIаз чIвазе къасд гьабун речIчIараб жоги мугъзал гьодилъ щун, бохдул хIалтIуларо гьесул. Гьедин Европаялъул диваналъги хIукму къотIун буго рецIел хIисабалда Россиялъ Амировасе 15 азарго евро кьезе.

СагIид Амировасе гьабулеб диваналда хурхун жиндирги жиндир сверухълъиялъулги кигIан кIваниги квешаб бербалагьи бугин бицана ЭР-ялъе МахIачхъалаялдаса тохтур ГIайшат Къурбановалъ.

ГIайшат Къурбанова: «Щибниги далилги гьечIого гьесда тIадчIезарулел такъсирал рихьуларищха гьел. Унтарав чи бегьилищ гьебщинаб заманаялъ гьедин жанив кквезе? Хадусеб иргаялда абуни, кутакав политик вуго гьев, чIвадналъа бахъун чIезабичIищ гьес гьаб тахшагьар. Дагъистаналъе гуребги, жеги Россиялъеги жеги кIудияб хайир щвезе букIана гьесдаса. Дун цIакъ рази гьечIо диванчагIаздаса, гьез халкъалъул пикру гIадахъ босичIолъиялъги. 7-8 азарго чи гIахьаллъараб митинг гьабун букIана нижеца гъоркьисала МахIачхъалаялда Амиров эркен гьавеян. Полициялъ тIилаз руханиги, машинабазул гьаказда гъоркье кIанцIизе кканиги, гьеб гьабизе хIадур рукIана гьенире рахъарал гIадамал. Гьале гьединго «Черновик» газеталъ гьабуна республикаялъул бетIерлъуде рихьизарун рукIаралани, лъие нужеца гьаркьал кьеле рукIаралин абун газета цIалулезда гьоркьоб гьикъа-бакъи. Гьениб лъабабилеб бакI ккуна Амировас. Лъабабилеб букIаниги щибха, туснахъалъув вугев чиясе кIудияб жо гьечIищ гьебги? Амировас чIвазе тIадкъай кьун букIанин абулел гIадамал руго гьанир сах-саламатго хьвадулел. Гъовин абуни жанивги ккун, гъодин инжит щай гьавулев?».

Гьебго суалалда бан гьадинаб пикру загьир гьабуна ЭР-ялъе Дагъистаналдаса юрист АхIмад ГIалиевас.

АхIмад ГIалиев: «Щибниги хисулеб гьечIо, система букIахъего хутIана. Амировасдаса хадуб хутIараб ирсги гьедигIан бер бахилаб хIалалда гьечIоха. Бихх-биххун унеб куцалда буго шагьар. Кида гьеб рукIалиде бачIунебали Аллагьасда лъала гьанже. Дир хIисабалда, Амиров жанив лъей битIун гьабуна. Амма гьесдаго цадахъ цогидал нухмалъулелги лъезе кколаанха. Гьесдаса цIакъал гьечIо хутIарал мэралгун мухъазул нухмалъулел. Спортсменазул заман ахиралде щвезе ккола. Амиров нахъе гьавунилан, щиб ккараб МахIачхъалаялда? Гьесул бакIалде вачIана гьединабго даражаялъул чи. ГIицIго цодагьа-макъавго лъикIав ватилаха гьесдаса. Амировасул хIалбихьиги хIисабалде босун, гьес хIалбихьулеб буго щиб букIаниги гьабизе. Амма тIубараб шагьаралъе нухмалъи гьаби бигьаяб жо гурелъул, гьелъие хасаб лъай къваригIуна. Амировасул букIана къуват, амма тахшагьаралъе нухмалъи гьабизе гIураб лъай букIинчIо. Доле, масала, Дербенталъул экс-мэр Имам Яралиев. Республикаялъул прокурорлъун вукIана гьев. Амма шагьаралъе нухмалъи гьабун бажаричIо. Гьебго жо буго цогидал мэразулги. ГIиси-бикъинаб жоялдаса тIолел рукIун гурони, заводал ран, экономика цебетIезабун, кIудияб хайир щвезе бегьулеблъи бичIчIулеб гьечIо гьезда. 90 абилел соназда тIалъиялде рачIарал нухмалъулел руго нилъер гьанир жакъаги – пачалихъалъухъа бахъун, цинги цин-циязухъа бахъун. Гьеб жо гьабулел руго жакъа къоялъги».

Цо-цо экспертаз абулеб буго 12 маялда Ростовалда тIобитIизесеб диван цIакъго тIалабал кьваризарураб букIине бугин, гьелда гIахьаллъизе вугин лъабго диванчиги.