Ножай-Юрталъул РОВДялъул нухмалъулев 57 сон барав Нажуд Гучиговасе 17 сон барай цIалдохъан кIиабилей чIужулъун ячине изну кьуна Чечняялъул бетIер Рамзан Къадировас. «Новая газеталъ» хъван букIана, цIолдохъан Хеда Гойбалиевалъул эбел-инсухъе вачIун вукIанин Гучигов ва гьес абунин жиндие яс кьечIони, жинца гьезие рахIат тезе гьечIин. Ножай-Юрт свеурхъ ккун хъаравулзабиги лъун руго полициялъулас.
Живго Гучиговас «Новая газеталъул» журналисткаялъе телефоналдаса абун букIана жиндир чIужуги йигин, кIиабилей чIужу ячине къасдги букIинчIин.
Газеталда гьеб информация бачIун хадуб, ахIи-хIур бахъана республикаялда. Къадировас хасаб данделъи гьабуна ва гьениб бицана жинца божарав чи витIанин росулъе ва гьес лъазабунин яс рази йигин Гучиговасул кIиабилей чIужулъун яхъинеян.
Гьеб данделъиялда Къадиров семана республикаялъул журналистазда ва абуна, гьез информация бакIаризе кколеб букIанин Ножай-Юрталдаги ун. Инорфмациялъул министр хIалтIудаса вахъана гьес.
РакIалда щвезабила, цо-кIиго соналъ цебе Къадировас гьукъун букIана Чечняялда балугълъичIел ясал росасе кьезе. Кин-букIаниги, 57 сон барав Гучиговасул ва 17 сон барай ясалъул бертин 10 маялда тIобитIине рагIула. Гьенив Къадировги ахIун вугин, хъвалеб буго «Новая газеталъ».