Дербенталъулал Путинихъе хъвадариялъул пайда гьечIо

Хас гьабун абуни, руго гIадамал хасаб комиссиялъ къварилъи ккаралин рикIкIинчIел. Гьединлъидал мина-карт кин кин цIи гьабилебали лъаларого хутIун руго гьел.

Гьелъ тIамун руго Россиялъул президент Владимир Путинихъе гIарзаби хъвазе. Амма гьелъул хIасил кколеб гьечIо, гIадамаз бицухъе. Щайгурелъул Москваялдасан гьеб гIарза халгьабизе тIадбуссун Дагъистаналдего бачIунеб буго. Дагъистаналъул хIакимзабазин абуни жаваб кьолеб буго Дербенталъ хIажатаб документация хIадурун гьечIилан. Гьелда данде Дербенталъул нухмалъиялъги абулеб буго жидеца документация хIадуранин, амма Москваялъ тасдикъ гьабулеб гьечIилан.

ПалхIасил, къварилъи ккарал гIадамаз ЭР-лъе бицухъе, пачалихъалъ гьеб зарал бецIизе биччан букI буго кIиго млрд гъурщиде гIагарун гъурущ. Амма хIакъикъияб куцалда гьеб гIарац цIакъго дагьал чагIазе гурони щун гьечIин абураб пикру бижун буго дербенталъулазул.

Гьеб киналъулго бицине бегьула Дербенталдаса ШиххIасанов Кагьриманил мисалалда. Дербенталдаса байбихьун Москваялде щвезегIан гьев хъвадаричIеб идара хутIун гьечIо. ЦIадаз биххизабураб ШиххIасановасул минаялъухъ рецIалил гIарац кьезе кколилан Дербенталъул шагьаралъул диваналъ къотIараб хIукмуги буго. Амма шагьаралъул администрациялъ гьеб тIубазабулеб гьечIо. ГIемер ццим бахъиналъ жив живгоги унтанин бицана ЭР-ялъе Кагьриманица. ГьабсагIаталда ШиххIасанов Кагьриманил хъизан чияр рокъоб буго, моцIи-моцIие гIарацги кьун. Чияр рокъор гIумру гьабулел рукIиналъ хIукуматалъ гьезие бецIизе бихьизабураб гIарац щвезе ккани, дуца гьел хважаинзабазулгун къотIи гьабейин чIун руго бакIалъул хIакимзаби. Гьабизе лъугьиндал, гьеб къотIиги тIубазабулеб гьечIо хIакимзабаз.

2012 соналъул хаслихъе жидеде рещтIараб балагь гьадин ракIалде щвезабулеб буго ШиххIасановас.

Кагьриман ШиххIасанов: «ЦIадул балагь рещтIараб мехалда ниж цохIо гъоркьанратIлилъго тIурана рокъоса къватIире. Щибниги босичIо нижеца гьениса. Щуго рукъги бугеб кIудияб мина букIана. 80 проценталъ биххун буго гьеб. Гьениб гIумру гьабулеб букIана ичIго чи вугеб хъизаналъ. Гьелдаса хадуб квен-тIехги, ретIелги, чара гьчеIого къваригIараб къайиги босизе 400 азарго гъурущ кьуна дие хIукуматалъ. Жакъа къоялде щвезегIанги гьелъул бицунел руго хIакимзаби. Кьуна гурищдила дуе 400 азарго гъурущ. Гьабщинаб заманалда жаниб 400 азарго гъурущ сундуе гIолеб?».

Гьелдаса хадув ШиххIасанов хъвадарун вуго Шималияб Кавказалда Россиялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовасухъеги. Цинги хал гьабизе Дербенталде витIун вачIун вуго республикаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялдаса вакил. Дуца цIакъ какун бугила Дагъистаналъул хIукуматилан тIаделъун вуго хIакимчи ШиххIасановасде. Рази ватичIони, валагьеха мунго жиндие ккараб заралалъухъин жаваб кьун буго гьесги. Лъабго соналде гIагарлъараб мехалъгицин бацIцIад гьабичIого тараб кIкIабатIги, лъабго метралъул борхалъиялде бахараб куцалда азбаралъуб бакIарун чIараб цIадаца босун бачIараб гIала-гъважаги бихьараб мехалда, жинда гьанже вичIчIанин мунилан жаваб кьун буго доб министерлъиялдаса хIакимчияс.

Гьанже гьелда тIаде шагьараялъул идараялъ ШиххIасанов Кагьриманил азбаралъусан бачун буго цIадазул лъим чваххулеб кIудияб рогIоро. Дуца жидее гьеб рогIоро бачине ракь дуего бокьун кьунилан гIараза хъваян чIун руго хIакимзаби, гурони полициялдеги вачун гIадлу гьабилила дуе.

ПалхIасил, гIемер гIарзахъдулев вукIун, хIукуматалъ ШиххIасановасе кьезехъин буго цо бакIалда ракь. Аммма жив гьелда рази гьечIин бицана гьес ЭР-лъе.

Кагьриман ШиххIасанов: «Жакъасел багьабазухъ балагьун, шагьаралда жаниб ракьул багьа 3 млн гъурущ бугин, нужеца дие кьезехъин бугеб ракьин абуни нусазарго гъурщиде бугин абуна дица хIакимзабазда. Ракь бугин ракьилан жаваб кьуна гьез дие. РазилъичIони, гьелдасаги махIрумлъизе вугила. Гьеле гьез къануналъул гьабулеб адаб. Гьезие гьелъул тIири ургъел гьечIо. ГьечIониги щиб, къануналъул сан гьабичIогойилан хIакимзабазе лъицаниги гьабулеб тамихI гьечIелъул».

Гьеб заманалда Дербенталда гIемер рукIана къварилъи ккарал гIадамазе кумекалъе рахъарал волонтерал. Гьезул къокъаялъе нухмалъи гьабулаан Луиза Дибировалъги. Гьез гIуцIулаан кумек хIажатал гIадамазул сияхIал, бикьулаан доба-аниса тIалаб гьабун щвараб гIарац, квен, ретIел. Гьединго ралагьулаан балагьалъ рихха-хочизарурал, хIинкъизарурал гIадамал гIодориччазаризе психологал.

Гьеб киналдаго гьоркьоб бакIалъул хIакимзабаз къварилъи ккарал гIадамазул цо-цоял сияхIалде росулел рукIинчIоллъиялъул хIужаби гIезегIан кканилан бицана Луиза Дибировалъ ЭР-ялъе. Пачалихъалъ жидее мина-карт бецIизе кколеб куцалда къварилъи ккун гьечIин нужееян абураб пикру букIунаанила хIакимзабазул. Гьелъ бачана Дербенталда аскIоб бугеб Сабнава росулъа тIубараб мина биххарав чиясул мисал.

Луиза Дибирова: «Гьесул минайин абуни жаниб гIумру гьабизе бегьулеблъун чIезабуна комиссиялъ. Гьеб мехалда гьев гIарзахъдизе лъугьана мокърукьа дагьа-макъабго жо гIодобе гъенонилан, жиндир мадугьаласе мина босизе сертификат кьунила, жиндие кьечIилан. Гьединал гIантал жал жеги рукIана».

ЦIадуца балагь рещтIинабурал Дербенталъул гIадамазе рукъзал росизе сертификатал кьеялъул суал борхана исана марталда Россиялъул хIукуматалъул данделъиялда гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министр Владимир Пучковас. Амма гьес цебе лъураб проекталда мекъи хъван буго гьел цIадал рараб моцI – 2012 соналъул 9-19 июль. ХIакъикъаталда гьел рана октябралда.

Президент Путинихъе дербенталъулаз рачIунел гIарзаби гIемерлъулел рукIиналъ, 28 апрелалда Дербенталде вачIун вукIана республикаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министр Нариман ГъазиахIмадов. Гьевгун дандчIвазе рачIун руго къварилъи ккаразул нусидаса цIикIкIун чиги, заманаялъ Дербенталъул мэрасул ишал тIуразарулев Азади РахIимовги, прокурорги. Гьел гIадамазул гIемерисел росун гьечIоан рукъзал къваригIаразул сияхIалде.

Дербенталъул администрациялъ жанир чIезе бегьулареблъун рикIкIун буго 49 мина. «Даггражданкоммунпроект» абураб идараялъ гьелда дагIба балеб буго.