Сталинил памятникалда лажбар бахун буго

Гьал къоязда Липецкалда лъун букIараб Сталинил памятникалда багIарккараб лажбар бахун буго. Лъица гьеб иш гьабурабали лъалеб гьечIо. Памятникалда гIагарда бугеб минаялда лъун ругел видеокамераз бахъун буго кинан гьеб иш ккарабали.

Щий йигейали лъаларей чIужугIаданалъ квартIаялъ Сталинил бюст бекизе хIалбихьана, хадуб гьелъ памятникалда речIчIана лажбар. Липецакалъул коммунистаз «политикияб провокация» бугин гьеб ишилан рикIкIунеб буго.

РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъ лъазабуна Сталиние памятникал лъей нахъегIанаб ишлъун бихьулин жидеда. Тарихалдаса Сталинил лъалкI тIагIизабизе кколин абулеб гьечIин жидецаилан, мухIканлъизабулеб буго жидерго позиция гIуцIиялъ. Гьез хъвавухъе, диктаторазул бакI музеязда, тIахьазда, тарихиял цIех-рехазда буго.