СШАялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул тIоцебесеб «операция»

Америкаялъул Техас штаталда гьал къоязда ккараб лъугьа-бахъиналъул гIаийб тIаде босана «Исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялде гъорлъе унез.

МухIамад авараг вахъарав карикатурабазул выставка тIобитIулеб буго Техасалда. Гьеб выставкаялда хъаравуллъиялда вукIарав чиясул рахъалдехун кьвагьдана кIигояз. Штатазул низам цIунулез гьезда боевикалин абуна ва цIаралги тIатинаруна. Гьел ккола 34 сон барав Элтон Симпсон ва 30 сон барав Надир Суфи.

Ккараб тунка-гIусиялда гьел чIвана полициялъулаз. Гьеб лъугьа-бахъиналда тIаса унеб цIех-рехалъул хIасилал жакъа кинал ругелали низам цIунулез жеги лъазабичIо.