Непалалда ккараб ракь багъариялъулъ 7040 чи хвана

Непалалда ккараб ракь багъариялъулъ 7040 чи хванилан, лъазабулеб буго гьеб улкаялъул хIукуматалъ. Хварал чагIазул къадар жеги цIикIкIараб букIине рес бугин абулеб буго хIукуматалъул вакилаз, щайгурелъул чан азарго чи рилараллъун рикIкIунел руго.

I4 азаралдаса цIикIкIун чиясе зарал ккана Непалалда ракь багъариялъулъ. Жакъа къоялда гьениб гуманитарияб кумек гIадамазухъе щвезаби кколаан аслияб суаллъун. ЧчукIел, цIадал рай, квешал нухал, техника гIунгутIи – гьел масъалабаз захIмалъизабулеб буго гуманитарияб кумек щвезаби.

ТIадежоялъе Непалалъул таможнаялъул низамалъги квекIен гьабулеб бугин абулеб буго ООНалъул вакилаз. ГIуцIиялъ хитIаб битIана Непалалъул хIукуматалде гуманитарияб кумекгун рачIунел машиназе таможнаялда бугеб низам эркенлъизабеян.