Украиналъул магърибалда тунка-гIусиял гьоркьоса къотIулел гьечIо. Широкино росда гIагарда анлъго сагIаталъ халатбахъана Украиналъул солдатазулги сеператистазулги рагъулаб дандечIей.
Хасаб операциялъул низам лъазабуна Украиналъул рагъулаз гьеб мухъалда ва гьезул пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон, Широкино росул рахъалдехун сепаратистаз ичIго нухалъ кьвагьдей рагьун букIана.
Донецк ва Луганск икълимазул цогидал мухъаздаги ккана тунка-гIусиял. Мисалалъе, Счастье шагьаралда гIагарда ккараб тунка-гIусиялда сеператистаз бакIаб артиллерия, минометал ва «Град» ярагъ хIалтIизабулеб букIанин, лъазабулеб буго Украиналъул рагъулаз.
Донецкалъул халкъияб республикаин жидецаго тараб мухъалъул вакиллъун рикIкIунев Эдуард Басуриница абулеб буго Украиналъул рагъулаз кьвагьдей байбихьулеб бугин тIоцебе ва жидеца гьезие жаваб кьолеб бугин.
РакIалде щвезабила, 12 февралалда Минскалда гъулбасараб къотIи-къаялда рекъон, Украиналъул нухмалъиялъ ва сепаратистаз тунка-гIусиял чIезаризе кколел рукIана.